Украиналъул вакилзаби Брюсселялде ва Москваялда ине руго

Украиналъул премьер-министр Н.Азаров.

Украиналъул премьер-министр Николай Азаровас лъазабуна Брюсселалде ва Москваялде Украиналъул официалияб делегация битIизехъин бугин абун.

Гьелъул вакилзабаз Брюсселалда хIаракат бахъизе бугин Европаялъулгун интеграция гьабиялда хурхараб къотIи-къаялда гъоркь гъулбасал гьаризе Украиналъе пайдаял шартIазда.

Москваялда Украиналъул вакилзабаз дандбазехъин бугин Россиягун стратегикиял бухьенал щулалъизабиялъул суал.