Анкьил суратал

Таджикистаналда бакIарулеб буго квас-квасалъул бачIин. ГIадамаз гьеб баччулеб буго гьакабазда.

Сириялъул президентасул рахъ кколев чанго рагъулас цадахъго гьабун буго жидерго ригьиналъул регистрация Хомс шагьаралда.

Пакистан. Карачи. Къебедас Къурбан-байрамалъ боцIи хъвеялъе хIадур гьарулел руго нусал.


Исламабадалъул рагIаллъиялда бугеб школалъул цIалдохъаби.

Таджикистан. Яхак росо. Унеб буго квас-квас бакIариялъул кампания.

Дамаскалда аскIобехун Cириялъул эркенаб армиялде гъорлъе унеб Абу Мусса ал-Ашаарил бригада абураб къокъаялъул ругьунлъиязда экзамен кьолеб буго гIолохъанал рагъухъабаз.


Киев. Украиналъул модаялъул анкьалда моделалъ бихьизабулеб буго дизайнер Джейн Гритсфельдтил ретIел.

Ахирисел тIанкIал лъолел руго москваялъул централда бугеб минаялда хъвалеб кIудияб сураталда махшалилас.

Санкт-Петербург. Ралъдал школаялъул кадетазул гьа баялъул церемония тIобитIулеб буго музеялде буссинабураб "Аврора" гамаялъул палубаялда.

Исламабадалъул рагIаллъиялда бугеб школаялда.

9 октябралда Берлиналъул гьатIаналда цебе бихьизабулеб букIана "Заман цIунулел! абураб инсталляция.

ХIеж борхизе Маккаялде щварав чияс как балеб буго Аль-Нур мегIералда цебе.

Афгъанистаналъул Джалалабадалда даранчияс Къурбан-къоялда цебе бичулеб буго хасаб квен-тIехх.

Хасаб костюм ретIун Венгриялдаса Виктор Ковач воржунев вуго Китаялъул мугIрузда. Ахирисеб нухалда парашют рагьичIого вортун, Ковач хун ватун вуго мугIрузда 9 октябралда.

Кабулалъул рагъулазул рагьунлъиязул централда тIоритIулел Афгъанистаналъул миллияб армиялъул ругьунлъиязда гIахьаллъулел руго гIолохъанал офицерал.

Рищиязул комиссиялъул гIахьалчагIи (квагIиса) ва бакIалъулал тохалчагIи гIенеккун руго улкаялъул гимналъухъ Азербайджаналъул президентасул рищиял байбихьилелда цере.

ХIедул чирахъ ккурал православиял христианаз Сербиялъул Нис шагьаралда динияб церемония унеб мехалда гьабун буго хъанчI.

Сириялъул Ракка шагьаралдаса лъутизе ккаразе квен хIадурулев чи.

2014 соналъул хасалил Олимпиял хIаязул цIаялъе старт кьолеб буго Россиялъул президент Владимир Путиница, хъештарухаби Лина Федеоровалъ (квагIиса) ва Максим Мирошкиница (квагIиса кIибилев).

Гуржиязул вас кIанцIулев вуго некIсиял хIамамазул тохазда.