ГIадли Мансурица гьа бана

ГIадли Мансур. REUTERS/A

Мисралъул Констуционияб МахIкамаялъул бетIер ГIадли Мансурица 4 июлялда гьа бана улкаялъул президентасул ишал тIуралев хIисабалда.

Тадбир тIобитIана Мисралъул аскарияз президент МухIамад Мурси тIаса рехаралдаса 24 сагIат ун хадуб.