Мисралъул рагъулаз президент тIаса рехана

Your browser doesn’t support HTML5

Мисралъул яргъид гIуцIарал къуватазул командованиялъ арбагI къоялъул къаси лъазабуна тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ демократикияб къагIидаялда вищарав президент МухIамад Мурси жидеца хъулухъалдаса эркен гьавунин ва Мисралъул Конституционияб МахIкамаялъул бетIер ГIадли Мансур гьа базехъин буго улкаялъул президентасул ишал тIуразарулев хIисабалда. Улка цIуниялъул министр генерал ФаттахI ас-Сисица телевидениялдаса калам гьабулаго, абуна Мурсида кIвечIин халкъалъул тIалабал тIуразаризе.