Джон Кэрри - ГIагараб Машрикъалда

Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Кэррица ГIизраилалъул ва Палестиналъул тIадтаразулгун дандбана ГIагараб Машрикъалда ахIвал-хIал рукIалиде ккезабиялъул суал.

Хамиз къоялъул радал Иерусалималда Кэрри дандчIвана ГIизраилалъул премьер-министр Биньямин Нетаньяхугун, хадур Рамаллагьалда гьес кIалъа-басаял тIоритIана Палестинаялъул бетIер МахIмуд ГIаббасгун.

ГIаббасица абуна палестиниязул аслияб тIалаб – жидехъа бахъараб ракьалда ГIизраилалъ рукъзал раялъул ищ чIезаби.