Маргарет Тетчерил хIурмат гьабиялъул тадбир

КIудияб Британиялъул парламенталъул вакилзабаз АрбагI къоялъ хасаб данделъи тIобитIана гьалкъояз гIумруялда ятIалъарай йикIарай премьер-министр Маргарет Тетчер ракIалде щвезайи мурадалда.

Оппозициониял лейбористазул цевехъан Эд Милибэндица жиндир рахъ ккуразде ахIи бана Маргарет Тетчерил хIурмат гьабиялда, амма данделъи рагьизегIан цо-цо парламентарияз абулеб букIана жиндир хиял бугин Маргарет Тетчерил гъалатIалги рехсезе.