Пакистаналъул ТIадегIанаб Диваналъул тIадкъай.

Пакистаналъул ТIадегIанаб Диваналъ коррупциялде данде къеркьолеб идараялъул хIалтIухъабазда тIад къана премьер-министр Радж Первез Ашрафида хурхараб ишалъул мухIканаб цIех-рех гьабизе анлъго къоялда жаниб.

Премьер-министрасде гIунтIизабулеб гIайиб – ришватал роси.