Анкьил тlаса-рищарал суратал. Июнь 16-22
Мисриялъул президентасул хъулухъалде «ВацIал бусурбаби» багъа-башариялъул кандидат МухIамад Мурсил рахъ кколез как балеб буго Каиралъул Тахрир майданалда жидерго кандидат бергьун хадуб. (Ройтерс/Амр ГIабдулла)
Вас васандулев вуго Киев бакьулъ бугеб хинаб фонтаналда жанив. (Ройтерс/Анатолий Степанов)
Йеменалъул жанубияб рахъалда бугеб Аден шагьаралда лъимал харулел руго заманалъ гIумру гьабизе рекъезабураб гьитIинаб гьокьоялде тIаде (Ройтерс/Халид ГIабдуллагь)
Цолъарал Штатазул президентасул хъулухъалде Республиканияб партиялъул кандидат Митт Ромни кIалъалев вуго халкъалда цеве Мичиганалде бухьараб щуго къоялъул сапаралъул гIурхъабалъ. (Джо Рэдли)
Турараб тIощалил таргьа чIехьолев чи Индиялъул Пенджаб штаталъул Хамано росу.(Ройтерс/Ажай Верма)
«Пусси Риот» абулеб ясазул панк-къукъаялдаса Надежда Толоконникова хулиганлъи абураб гIайибги гIунтIизабун гьеб къукъаялда сверун унеб процессалъул гIенеккиязда Москваялъул диваналдаялда. (Ройтерс/Денис Синяков)
Евро 20I2 ялда Украинагун Англиялда гьоркьоб матч къватIир лъурал эркеназдасан бихьулел украиналъул футболалъул фанатал. (Ройтерс /Глеб Гаранин)
Кабулалда лъутаразул мархьиялда ругел лъимал хIурул гьоролъ. (Ройтерс/ГIумар Собгьани)
Нью-Йоркалда гIемер тIалаязул минаялъул тIохда микьго чи цоцазде тIаде вахун гIуцIараб пирамидалъул тIогь. (AFP/Тимоти A. Глари)
Студент рещтIунев вуго Индонезиялда бугеб Джомбланг абулеб нохъиниве, некIсияб Джакарта шагьаралда гIагарлъухъ. (Ройтерс/Дви Обло)