Америкалда гьеб къукъаялъул турне байбихьилалде цебе ЭР мухбир Никола Крастев ДандчIвана Шевчукгун Нью-Йоркалда.
ЭР: Фанатаз дуе бищунго цIикIкIун кинал суалал кьолел?
Шевчук: «Ахираб заманалда гIемер бицуна политикаялъул, опозициялъул, тIалъиялъул, улкаялъул ва халкъалъул букIиниселъул. Суалалги руго гIурус-интеллигенциялъ нагIана кьурал даимал суалал-щиб гьабилеб ва лъида гIайиб бугел абурал. Гьел суалазе 200-ниги сон буго. Достоевский, Чернышевский ва ТолстойгIадин дицаги хIалбихьула гьел суалазда тIад пикру гьабизе. Дун вуго гражданин. Дун политик гуро. Политикияб цониги партиялдаги дун вукIинчIо. Жиндир заманалда комсомолалдасаги нахъе хъамун вукIана дун кучIдул сабаблъун. Дица рикIкIуна гражданияб позиция цIунизе кколин ва дир тIохалда тIад, нужералдагогIадин, гьеб байрахъ парпадизе кколин».
ЭР: ЦебетIураб гражданияб жамгIият кин дуда бихьулеб?
Шевчук: «Гражданияб жамгIит гьеб буго архаикияб-машрикъалъулаб биччи. Гьеб Россиялдаги буго Болгариялдаги бугин ккола дида. Гьеб буго къануналда цере киналго бащадал инсаназул гьудуллъи. Къануналъ кумек гьабула гьезие цадахъ гIумру гьабизе. Гьеб суалалъе жаваб балагьун Аристотелидецин щун вукIана дун. Гражданияб жамгIият гьеб буго сундулго кIвар бугел, хIинкъуларел гIадамазул жамгIият. Гьеб нохъабазул гьудуллъи гуро. Гьеб буго хIаракатал ва жидерго ватIан бокьулел гIадамазул гьудуллъи. Гьеб рокьуде тIаде яхI-намусги жубани-баккула гражданияб жамгIият. Гьеб Россиялда букIинеги буго».
ЭР: Халкъалъул гражданияб бичIчIиялда сверун Россиялда цебетIей бугищ?
Шевчук: «Лъабго сон цебе абуни тIубараб сихIкъотIи букIана. ГIадамазда жидерго, жидерго хъизаназул, гIарцул гурони ургъел букIинчIо. Гьанже гIемерал гIадамал кIудиял гIун ругин ккола дида. Гьезул гIемерисез байбихьун буго ватIаналъул ва нилъер хадуб щиб букIине бугебин, нилъер лъималазе кинаб Россия хутIизе бугебин абурал суалазда тIад ургъизе.
Дие бокьулеб буго кIвар гьечIел гIадамал дагьлъулел рукIин. Волонтёразул ябулеб багъа-башари киса баккараб? Гьанже хIинкъараб Думаялъ хIалбихьулеб буго гьеб гражданияб асаралъецин гIурхъаби лъезе. Гьеб киналъго абулеб буго жамгIият борчIулеб бугин. Дир гьудулзабазцин абулеб букIун батани цебе-политика-гьеб чороклъи бугин. Гьанже гьез гьедин абулеб гьечIо. Мун чорокав ватани буго дур политикаги буго чорокаб. Мун вацIцIадав ватани-гьебги бацIцIадаб букIуна. Политикаялъ нилъее кумек гьабула цадахъ гIумру гьабизе. Аристотелица абулаан гьедин».
ЭР: Кинаб дандекквей дуца гьабилеб 1990-билел соназул Россиялъул гIолилазда ва жакъасезда гьоркьоб?
Шевчук: «ГIолохъаби гьанже романтикал гьечIо. 90-соназул гIолилал рукIун ратани-Ура! Эркенлъи! Рок-н-ролл!-ян ахIулел. Магърибалда 1968 соналда букIараб Россиялда букIана 90-билел соназда. Доб мехалда хьулал гIемерал рукIун ратани, гьанже гьел дагьал руго. Гьанже гIолилазда бичIчIулеб буго гражданиял эркенлъабазе гIоло къеркьей-гьеб хIинкъи бугеб иш букIин. ХIаракатаб гIолохъанлъиялда гьеб бичIчIулебги буго, цинизм тIагIунеб буго. Дун гьелдаса цIакъ воххаравги вуго».
ЭР: Дуца бицен гьабулел гIолилазулъ хиса-басиял гьариялъе катализаторлъун щиб букIараб дур пикруялда?
Шевчук: «Гьезие бокьун буго Россиялда гIумру гьабизе. Дида лъала гIемерал гIолилал Россиялдаса нахъе ине бокьун гьечIел. Цебе Америка-гьеб букIана кIудияб байрахъ-Магъриб! Гьелъул хIакъалъулъ щибго лъалароан. Гьениб алжан бугин кколаан. Хадусан лъана гьебги, лъана гьенирги проблемаби рукIин, цогиял ратаниги, амма рукIин. Инсанасул жамгIият щвалде щвараб гьечIо киса-кибего. Рес гьечIо улка кIиго анкьида жаниб тIубанго хисизабизе. ГIемер хIалтIизе ккола. ГIолохъабазулъе инсанлъи рещтIун бихьула дида. Гьелъул кIварги кIудияб буго».
Никола Крастев