Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал.
Анкьил тIаса рищарал суратал 22-27 Июль.

28
Бразилиялъул хIукуматалъ Рималъул папа Франсискица Рио-де-Жанейроялде бухьараб сапаралъе 53 миллион доллар хвезабиялда разилъи гьечIел гIадамазда ва полициялъулазда гьоркьоб тунка-гIусси багъарун букIана. (AFP)

32
Бостоналда кьвагьи гьабиялда хурхен букIиналъул тIад гIайиб бугевлъун рикIкIунев Жовгьар Царнаевасде снайперас лазерияб чIор речIчIизабурараб параялъ Массачусетс штаталъул полициялъул сержант Шон Мерфица исана 19 апрелалда бахъараб сурат.(Reuters)