Фотогалереялда рихьизарун руго 2014 соналъул аслиял лъугьа-бахъиназул лахIзатал.
2014 сон суратазда

16
Багъдад. 30 апрель. Парламенталъул рищиязда.

17
Вена. 11 мая. «Евровидениеялъул» кочIохъабазул конкурсалда бергьарай(в) Кончита Вюрст Венаялда пресс-конференциялда.

18
Туркия. 11 май. Мунис шагьаралда шахтаялда ккараб авариялда хадуб хвасар гьавурай вас дандчIвалев вуго инсуца.

19
Чачан республика. Аргун. Аймани Къадировалъул цIарал мажгит рагьиялъул церемониялда.

20
Босниягун Герцоговина. Топчича-Полье абураб бакIалъул лъин кIанцIиялъул хIасилалде балагьалде ккарал гIадамал хвасар гьариялъул операция.

21
«Д-къо» абураб 1944 соналъул 6 июналда Нормандиялда десант рештIун 70 сон тIубай кIодо гьабулеб къоялда Британиялъул парашютазул полкалъул вагъухъанлъун вукIарав Фред Гловерица хал гьабун буго парашютистазул махшелалъул.

22
Талибаналъул яргъид гIуцIараз биххизабураб Жинна шагьаралъул халкъалъул аэропорталда. 10 июнь.

23
Сирия. Алеппо. Бомба кьвагьун лъугьараб гвендинар чурдолел лъимал. 10 июоль.

24
Босниягун Герцоговина. Босниялъул сербаз I995 соналъул 11 июлалда бусурбабазде гьабураб тIадекIанцIиялъул къурбанал ракIалде щвезарун гьезул хобазда магIу тIолеб буго руччабаз.

25
Украина. Донбасс. Малайзиялъул авиалайнер бортараб бакIалда. Гьеб катастрофаялъул хIасилалда хвана 298 чи.

26
Баку. 21 июль. Рамазан моцIалда Мешеди-дадаш мажгиталда.

27
Газа сектор. 26 июль. Израилалъул рагъулаб авиациялъ щаезабураб кьабиялда хадуб.

28
Киев. Незалежности майданалда жамгIиял активистаздаги милициялдаги дандечIей унеб мехалда.

29
Косово. 11 август. Джяковице шагьаралда унел къецазда гIолохъанчи кIанцIулев вуго 22 метраялъул борхъалъи бугеб кьодаса.

30
ГIиракъалъул езидал унел лъутулел руго Сириялъул гIорхъиялъул рахъалде «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул тIадекIанциялдаса хIинкъун.