Ссылки для упрощенного доступа

МухIамадсаламил интервью ва гьелда тIасан пикраби


Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам
Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсалам

Дагъистаналъул нухмалъулесда гIезегIан лъикI лъалеб буго Дагъистаналдаса гIолилаз армиялде рачинелъун ришват кьезе кколеблъиги, МоскваялдагIадинал багьаби Дагъистаналда гьечIолъиги, гIолилазе хIалтIизе бакIал рукIинариялъул масъалаби рукIинги. Гьел масъалаби лъугIизариялъе хIалтIиги гьабизе кколеблъиги президентасда лъалеб бихьула «Изветия» газеталъе гьес гьал къоязда кьураб интервьюялдасан.

ГьабсагIаталда Дагъистаналда кIвар бугеб масъалалъун лъугьун буго рагъулаб хъулухъ гьабизе армиялде гIолилал рачунеб гьечIеблъи. Дагъистаналдаса гIолилазе бокьун буго армиялде ине, амма бакIал гьечIилан абураб багьанаги бачун, рачунел гьечIо. Гьединлъидал, цо-цояз хIаракатцин бахъулеб буго цогидаб регионалдеги гочун, гьенисан ине. Гьеб рахъалъ, ай гьеб масъала тIубазабиялъе щиб хIалтIи гьабулеб бугеб республикаялъул тIалъиялъ? Гьадинаб суал кьолеб буго «Известия» газеталъул мухбиралъ Дагъистаналъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламие.

Кинаб жавабха республикаялъул бетIерас журналисталъул суалалъе кьолеб бугеб? Кьолеб буго гьадинаб жаваб: «ХIакъикъаталдаги гьеб буго нижеда цебе чIараб кIвар бугеб масъала. Россиялъул цо-цо регионазда гIолохъабаз армиялде рачинчIого таралъухъ кьолеб буго ришват. Дагъистаналдайин абуни, ришват кьолеб буго армиялде рачинелъун». Гьаб буго президентас кьураб жавабалъул цо бутIа. Щибха гьелъул магIна? ТIоцебесеб иргаялда, бичIчIулеб буго Дагъистаналдаса гIолохъаби армиялде рачунел гьечIолъи.

Масала, 2010 соналде щвезегIан щибаб лъагIалида жаниб Дагъистаналдаса 15 азарго гIанасев гIолилав армиялде ахIулев вукIун ватани, гьал ахирал соназда гьезул къадар цIакъго гIодобе ккун букIин. Нижехъе щварал баяназда рекъон, исана хасалихъе Дагъистаналдаса армиялда хъулухъ гьабизе ахIун вуго гIицIго 179 чи. КIиабизе, президентасул жавабалдасан бихьулеб буго Дагъистаналда ришватчилъи букIин тIалъиялдаги лъалеб букIин. ВахI, рищватчилъиялде данде рахIму гьечIеб рагъ гьабулебги букIаго, щайха президентасдацин лъаледухъ ришватал росулел ругел? Гьеб суал кьуна нижеца аваразул шагIир ПатахIил МухIамадие.

ПатахIил МухIамад: «Ришват кьолеб бугин президентас абиго буго гIажаиблъи гьабизе ккараб хIужа. Гьеб кьолеблъи гьесда лъалареб жо гуро, амма ришват кьолеб букIиналъул гьес бицараб мехалда халкъалъул кинаб бербалагьи букIинеб президентасдехунги республикаялъул нухмалъиялдехунги? Ришват кьолеб букIиналъул бицинчIого, гIолохъаби армиялде ритIулеб хIал гьабиялде щай кIвар кьолареб? Армиялде инчIони хIалтIи щвезехъин гьечIо полициялдацин ва къуваталъулал идарабазда рукIинехъин руго гIурус миллаталъул вакилзаби. Гьелъ сундеха бачине бугеб? 200 соналъ цебе букIараб тарих такралъиялде бачине рес буго».

ШагIир ПатахIил МухIамадица бицухъе, гьеб жавабалдасан бихьулеб бугила президентасда лъалеб букIин лъица босулебалиги, лъица кьолебалиги. Амма лъаларого бугила щай ришватчагIазе тамихI гьабуларого бугебали.

ХIакъикъаталдаги, Дагъистан рикIкIуна гIолилал гIемераб республикалъун. Амма гьел гIолилазе хIалтIи чIезабизе кIунгутIиялъул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб рачIалда бугеблъунги. Дагъистаналъул гIолилазе бизнес гьабиялъе кумек гьабизе кколин ва гьеб мурадалда къабул гьабураб хасаб программаги бугин гIемер бицуна тIалъиялъ. Гьебго заманалда, дагьаб цебегIан Гъизилюрт шагьаралда тIобитIараб данделъиялдаги президентас абуна гьал ахирал соназда ункъазарго чиясе хIалтIизе бакIги балагьанин. Гьедин бугониги хIалтIи гьечIолъи аслияб масъалалъунги хутIулеб бугин.

«Гьайгьай, гьеб хIал тIадеги захIмалъизе буго Дагъистаналдаса гIолохъаби армиялде рачунареб къагIида хадубккунги цIунун хутIулеб бугони. Щайгурелъул, армиялда хъулухъ гьабичIев чиясе хIалтIизе ихтияр кьоларел бакIал гIемер ругелъулха. Гьебги буго Дагъистаналъул тIалъиялъул ургъел гьечIолъиялъул хIасил» - ян бицана журналист МухIамадова Асиятица.

МухIамадова Асият: «ГIолилазе хIалтIи гьечIолъи, гьеб ккола тIалъиялъул гIайиб. Щайгурелъул, гIолилазул къадарги цIикIкIунеб мехалда ва гьезие хIалтIизе бакIалги хIажат ругеб заманалда, дагьабниги хIалтIи бугел бакIалгицин къалел ругин гурони, рагьулел ругин рагIуларо. Масала, «Лазурный берег» абураб проект буго гIумруялде бахъинабулеб. Гьенир хIалтIулезул 90 процент ккола Китаялдаса ва Кореялдаса рачIарал. Щайха бегьулареб нилъерго республикаялдаса гIолилал гьенире рачине. Гьединго буго цогидал бутIабаздаги. Дида ккола тIалъиялъ гьеб масъалаялъул букIине кколедухъ ургъел гьабун букIарабани, къватIисел улкабазде гIунтIун нилъер гIолохъаби ине ккелароанин хIалтIи балагьун».

«Россиялъул регионазде дандеккун рухI рикIкIун чиясе щолеб доходги гIодобегIанаб республикаялда багьаби щайха Москваялда гIадинал ругел» - абун суал кьолеб буго «Известиялъул мухбиралъ МухIамадов МухIамадсаламие. РачIаха гьес кьолеб жавабалъухъги балагьизе. «Москваялда гIадинал багьаби гьанир гьечIеблъи хIакъаб буго. Гьеб рахъ нижеца халкквеялде гъоркье босун буго. Багьаби руго Шималияб Кавказалъул республикабазда ругелго гIадинал. Амма гIадамазе щолеб доход цIикIкIунеб букIинчIебани багьабиги цIикIкIинароан. Бихьулеб буго гIадамазул рес букIин. Квеш ккараб жо буго гьезие щолеб доход «рагIдукь» букIин.

«Дагъистаналда рес бугеллъун, ай жидерго бизнес бугеллъун рикIкIуна 10 процент бугин. ХутIараб халкъалъул щиб ресха бугеб? Сундалъун бетIербахъи гьабун гьел ругел?» - ян бицана гьеб масъалаялъе баян кьолаго ЧIиркъатIаса мугIалим МухIамадов Ибрагьимица.

МухIамадов Ибрагьим: «Нижер росулъ гIадамал чIун рукIуна кидадай курак барщилебан. Курак барщараб мехалда кьезе бегьуларищ гIарацилан абула цо щиб бугониги гьабулеб бугони. Дагъистаналъул цIикIкIарасеб халкъалъ гIумру гьабулеб буго росабалъ. Амма гьениб гьечIо гьабизе хIалтIи. ГIи-боцIи хьихьизеги лъиего бокьулеб гьечIо, хайир гьечIолъиялда бан. Кинавго чи лъугьун вуго инвалидлъи батаниги, цогидаб батаниги хIукуматалъухъа гIарацги босун яшав гьабизе. Гьединлъидал, базаралъулаб экономикаялда рекъон багьабиги руго. Амма багьаби руго бечедазе, рес бугезе санагIатал. Мискинхалкъин абуни чIван рехулеб буго».

ЧIиркъатIаса мугIалим МухIамадов Ибрагьимица бицухъе, тIалъиялъ кинабго жо борцунеб бугила жидерго ва жидедаго сверухъ ругезда рекъон.

Гьанже тIад руссинин байбихьиялда борхун букIараб суалалде, ай ришватчилъиялде. Гьеб масъалаялъул бицунаго, нижергун гара-чIвари ккараз абуна ччугIа бетIералдаса махIцунин абухъе, гьеб бугин гIагараб заманалда лъидаго хисизабизе кIолареб ва киназдаго лъалеб унти. Гьелъул бицунел рукIин гурони, щибго хIасилги кколареб.
XS
SM
MD
LG