КIиго соналъ цебе «Аул Чох» абун гьелъ чIахъ-рил тарих-лъул хIакъ хъвараб тIехьалъ дагъистаниязе гьабураб асар гIодоциналде хадуб гъуна цойги тIехь – Аргъвани росдал хIакъалъулъ хъвараб. Республикаялдаги гьеб тун къватIибги гьедигIан гIинда рагIараб цIар бугин эргъвендерил росдал цIарин абизе кIоларо, гьелъул бакIалда цIикIкIун рагIула хундерилги, чIахъадерилги, сугъулдерилги, бархъалисезулги бицунеб.
Гьелъие гIилла щибалиги чIванкъотIун гьабсагIаталда абун бажаруларин ругоан гьеб къоялъ библиотекаялде рачIарал ракьцоялзи. Амма жийго ПатIимат ТахIнаевалъ рикIкIунеб буго тарихчагIаз тIубанго кIвар кьечIого тун бугин Дагъистаналъул шималияб рахъ.
«Аул Чох» абун хъвараб тIехь кIудияб хIалбихьилъун лъугьанин бицана гьениб ПатIиматица. Амма гIемерисез рикIкIунеб букIанила гьедигIан захIматаб жойищин бугеб гьеб – гIагараб росдал тарих хъвай. Гьелъул хIисабалда, гIезегIан кIудияб гьир ккола гьеб - бокьараб росдал тарих бихьизаби. ЧIахъдерил тарихалъул тIехьалдаса хадуб ТахIнаевалда абулеб букIана жеги лъабго батIияб бакIалъул тарих хъваларищан. Аргъвани росдал бицунеб бакI букIинчIо гьениб.
Амма хадуб цо пуланаб хIужа сабаблъун буго гьелъие. Цинги гьелъ хIисаб гьабун буго нагагьлъун гьеб росдаца асар гьабуни хъвалин жинца гьелъул тарихалъул хIакъалъулъилан. Гьедин щвана дун некIсияб Аргъвание.
ТахIнаева ПатIимат: «Узухъда, дун асир гьаюна эргъвендерил некIсияб мажгиталъги, хабалазги, чIвадназги. Амма ункъо соналдасан тIадюссун, гьабсагIаталда цIидасан гьеб хIалтIи гьабизе бокьилароан дие. Щайин абуни, гьеб кутакалда бакIлъана дие.
Лъабго лъагIелгун бащдаб хIалтIана дун гьелда тIад. Гьеб кутакалда дагьаб заман ккола гьединаб тIехь хъвазе. ЧIахъадерил тарих хъвалелъул дихъ гIезегIан батIи-батIиял документал рукIана. Эргъвендерил тарихалда тIасан букIинчIо гьабин кодобе босизе рес бугеб документ. Гьединлъидал гIемерисел документал дида Тбилисиялда ратана.
Гьениса музеялдаса лъабазаридаса цIикIкIун документалъул копия бахъун букIана дица тIоцебе. Амма гьеб лъабго соналда жаниб бищун дие гIолареб жо заман букIана – я дунго унароан лъихъениги тIаде-гъоркье, я цогидал къабул гьарун бажарулароан».
Аргъвани росдал вакил, ДГПУялъул проректор ХIамзат Жамалудиновасе бокьун бугоан жидер тарих ПатIиматица I939 соналде щвезегIан гуребги, гьелдаса хадубккунги хъвазе. ТIехь ахиралде щолеб буго гьеб бакIалда. Амма ТахIнаевалъ ХIамзатие гьадин жаваб кьуна:
ТахIнаева ПатIимат: «Советияб заманаялъ дие гьедигIан тату кьоларо. Гьелъ дун цо ракI цIорон лъугьинаюла. Бокьула анцIила ичIабилеб гIасру. ХIажимурад Доногъолги (тарихчи) дирги гIезегIан «лъалел чагIи» руго гьенир».
ГьабсагIаталда басриябги цIиябги - кIиго росулъ гIумру гьабулел эргъвендерил гIадамазул къадар кIиазаридениги бахунин бицунеб бугоан презентациялде рачIараз. Гьединлъидал гьевщинав чиясул цо ккураб пикру букIине рес гьечIо гьеб тIехьалда тIасан. Гьез гьеб загьир гьабун бугоан ТахIнааевалъеги.
Масала, гьадин бицана гьелъ жинцаго гьеб презентациялда: «13 гIасруялъул бицунеб бакIалда дица хъвалеб буго Аргъвани росдае кьучI лъунин Шамалдаса рачIарал чагIаз, Гумбеталъе – гуржиязилан. Гьеб жо хъвачIого тезе бегьулароанищин вукIана дида дир гьалмагъ. Гьесда гьеб мекъи бичIчIун бугоан, дица хъвалеб буго гьеб росдае кьучI лъунин Гуржиялъа рачIарал гIадамаз».
Гьединал тIасанкIалъаял презентациялдаги гьаруна гьелъие, масала, шагIир Адаллоца. Дагъистаналъул тарихалъулъ аслияб бутIа гуржияз лъунилан хъвалила гIемерисеб мехалда ПатIимат ТахIнаевалъ. Амма гуржиязул тарихчи Джавахишвили Иваница (1876 - 1940) хъвалеб бугила Кавказ Гуржиязул ватIанлъун кидаялиго нахъа лъугьанилан.
Умумузул заманалдасанго эргъвендерилги гIандадерилги букIараб бухьеналъул бицунелъул, тарихчи Мамайхан Агъларовасда ракIалде щвана Шиник абурав тарихчияс хъварал мухъалги.
Мамайхан Агъларов: «Дир миллатчилъийин рикIкIунге нужеца гьеб, амма Шиллингица хъвалеб буго Аргъвани росдал гIадамал кколин авараллъун лъугьарал гIандал».
Гьал къоязда къватIибе бачIараб «Новое дело» газеталда бугоан политик Рамазан ГIабдулатIиповас хъвараб макъала. ХинкI-чедалда хадур шагьаразде гIадамалги гочун ун, янгъизго хутIарал умумузул росаби янгъизал хобазда дандекколел ругоан гьес.
КватIичIого тIолабго Дагъистанги цо кIудияб янгъизаб хобалде свериялда хIинкъи загьир гьабуна презентациялде вачIарав тарихиял гIелмабазул доктор Шигьабудинов Жамалица.
Гьединал пикрабаз рекIелъе рещтIинабулеб хIинкъи нахъе гъеялъе сабаблъун бихьулеб буго «Аргъваниги» гьединан цогидал росабазул тарихалъул хъварал тIахьалги.