Гуржиялъул Чиатура шагьаралда бугеб кIкIалалда тIасан цIараб кварил нух асар ккечIого бихьизе кIолев чи гIемер ватуларо. МагIданал рахъулезул шагьаралда гьеб бан букIана араб гIасруялъул къоабилел соназда. Гьениб батун букIана чарам гьабулаго гъорлъе жубалеб марганец абулеб магIдан. Гьелъ чармида кьаву чIвазе толареб буго. Шагьаралда санаториялги культуриял централги раниги советиял архитекторазда бажаричIо кIкIалалда тIасан ине къагIида батизе кварал цIай тун батIияб. Амма кваразул нухаз рес кьуна магIдан бахъулезул шагьаралда щибаб бокIнилъе щвезе. Жакъаги гьел нухал хIалтIулелги руго. Amos Chapple.
Чиатураялъул кварил нухал

16
25 трамваялъул кабинаялда жаниб бугеб телефон.

17
СССРалъул заманаялда гьабураб 25-билеб трамвай чlечlого хlалтlулеб буго 1954 соналдаса нахъе. Гьеб хисизе буго 2014 соналда.

18
Цо-цо нухазда гьечlо кабина чlезабулеб система. Кваралдаса хъущтlани кабина гьеб cтанциялде щвезегlан хъамизе буго. Гьедин ккун букlана Тбилисиялда 1990 соналда. Гьеб мехалда хун вукlана 20 чи. Нух жидедасан цlарал кваразул цо метралъул бакlлъи буго 12 килограм.

19
25-билеб трамвай 1950 соналдаги жакъаги.

20
Трамваял 1960 соналдаги 2008 соналдаги.