Москваялда ругел инсанасул ихтиярал цIунулел Пономаревасгун, Орловас ва цогидаз лъазабулеб буго жидеца тIуразаризе гьечIила коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабазда хурхун Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ бахъараб къануналъул тIалабал.
Масала, жал къватIиса пачалихъазул жасусал ругилан абураб сияхIалда чIезе ине гьечIила. Гьелда бан жал тамихIалде цIазе байбихьана, жидеца хитIаб гьабизе бугила Россиялъул Конституциялъул диваналдегун Европаялъул диваналде.
Амма «Дагъистаналъул улбул» абураб гIуцIиялъул нухмалъулей ГIисаева Светланаца ЭР-лгун букIараб гара-чIвариялда абуна гьеб къануналъул проект гьоркьоб лъезе байбихьидал щайин гIемерисел руцIцIун чIун рукIарал, лъицаниги жидерго пикраби загьир гьаричIел.
Гьелъул рагIабазда рекъон, хIакъикъаталда гьеб къанун хъатIула политикаялда гъорлъ ругел коммерциялъул гурел гIуцIабазда, жал гIадал гIисинал гIуцIаби политикаялъулъ гIахьаллъуларин, жидеца гIицIго инсанасул ихтиярал цIунун гурони жо гьабуларелъулин. Амма кIудияб политикаялъулъ гIахьаллъаниги гIахьаллъичIониги, цого цIарги чIван, жалги гьебго мухъилъ рехсезе ругин кколеб буго ГIисаева Светланада.
ГIисаева Светлана: «Щиб жо дир хIакъалъулъ хъваниги, лъица щиб бицаниги – дица дунго жасулъун рикIкIунарелъул! Хасаб сияхIалда дирго цIар хъвазе ани, гьелъул магIна кколаха ЦРУялъул жасус йикIиналъе мукIурлъи гIадаб жо».
Нагагь Россиялъ гIарац кьуни, гьелъухъ хIалтIизе рази йиго гьей.
ГIисаева Светлана: «Нилъер хIукуматалъ кьейин абеха гьедин батани нижее гIарац, валлагь ракI-ракIалъ гьабила хIалтIи. Гьелъги гьабизе кколелъул квербакъи. ХIукуматалда данде чIарал чагIиги гурелъул ниж, ниж руго гьезул кваранаб квер гIадал чагIи. Нижее бокьун буго хIукуматалъе кумек гьабизе – къанун хвезабулел къватIир чIвазаризе, жидер ихтиярал хвезарулезе кумек гьабизе. БатIияб жо гьечIо гьениб».
Коммерциялъул гурел жамгIиял гIуцIабазул къануналдаго цадахъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна бугьтан лъеялда хурхараб къанунги. Гьелда тIасанги буго Дагъистаналда рахIатхвей. Узухъда, гIадатиял гIадамазда гьикъани, бугьтан лъей кутакалда диналъги гIадамазги какараб жо бугин жаваб кьезе рес буго гьез. Амма журналистазул пикру батIияб буго.
Масала, Дагъистаналдаса журналист ХIажиев Александрица ЭР-лъе бицана бугьтан лъурав чиясе тамихI гьабизе кколила, амма гьеб бугьтанлъун щиб рикIкIине бугебали бичIчIуларила. Масала, Дагъистаналда буго экстремизмалда дандечIун бахъараб къанун. Амма гьелдаса нахъе гIезегIан сонал аниги экстремизмалъе чIванкъотIараб баян кьун бажаричIо.
Идеологияйищ гьеб, ялъуни такъсирчилъийищали. Гьединлъидал диваназде гIарзаби хъвай гIемерлъизе бугин рикIкIунеб буго Александрица.
ХIажиев Александр: «Дида ккола гьанже бищунго журналистаз загьир гьаризе кколин гьеб къануналда тIасан пикраби – тIубанго инкарищ гьелдаса гьабилеб, ялъуни хиса-басиялищ гьарилелали. ПалхIасил, къанун цIунулел гурел, журналистал лъугьине ккола гьеб ишалда гъорлъе».
Журналист ХIажиев Александрица тIадежубана гьелтIадежураял, хиса-басиял гьариялъе кьураб батилин къанун хIалтIизе лъугьине 120 къоги.
«Миллат» газеталъул редактор БисавгIалиев МухIамадил пикруялда рекъон, гьединаб къанун къабул гьабизе бегьула рацIцIадал, тIалъиялъе мутIигIлъуларел ва ришватал росулареб диван бугеб пачалихъалда. Россиялъул, хасго Дагъистаналъул диванал нилъеда лъала.
Чан ватилев, масала жакъа Дагъистаналда президентасухъ, ялъуни МахIачхъалаялъул мэрасухъ гIенеккуларев диванчи? Чан ватилев шагьаразул ва мухъазул бутIрузухъ гIенеккуларев бакIалъул диванчи? Гьел гьечIелгIан мехалъ бокьарав чи хъвараб, абураб жоялда рекъон гIумруялъ тIаде ворхизе кIоларел миллионазул гIакIабиги тIад лъун къварид гьавизе кIола.
Масалайин абулеб буго БисавгIалиевас, гьанжеялдаса нахъе жиндир ихтияр гьечIила жиндир рукъалда цебе рищни-къулалъул гохI бугин бащдаб лъагIелалъ бакIаричIогоян хъвазе. Гьеб абураб къоялъ гьебги бакIарун, рес бугила жинда тIасан диваналде гIарза хъвазе ва щуго миллионалде гIунтIун гIакIа къотIизе. Щивдила вачIинев жиндир рахъги ккун МахIачхъалаялъул мэрасда данде гьеб хIужаялъе нугIлъи гьабизе диваналде?
Къабулав гурев политикас, яги журналистас абураб рагIул магIна цогидаз бугьтаналде буссинабиларедухъ хIалтIизаризе бегьулел къагIидаби рукIунеллъиги ракIалде щвезаруна журналист ХIажиев Александрица. Масала, журналист Латынина Юляца хъван букIана гьадин. Дагъистаналъул цо политикасул бицунелъул гьесда дандечIарал чагIи гьес чIванин хъвачIо гьелъ. Хъвана гьев чиясда дандечIун рукIарал киналго гIадамал цо гIажаибаб куцалда анин доб дунялалде.