Ссылки для упрощенного доступа

«Дагнефтепродукталъ» нартие хIилла гьабиялда щаклъи буго


«Дагнефтепродукт» абураб гIуцIиялдаса хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулаз ккун унвукIарав анлъго хIалтIухъан виччана 23 октябралъул радал. Гьел рачун ун рукIана цебесеб къоялъ.

Гьелъ22 октябралъул радал сагIат микьгоялдаса нахъе чIезабун букIана МахIачхъалаялдасан Новороссийскалде кьабулеб нарт.Гьанже гьеб цIидасан биччана рогIраздасан. Сордо-къоялъ нарт кьабиги чIезабун, 15 азарго тонна бачIинчIин Новороссийскалдеян лъазабуна «Транснефть» компаниялъул вакилзабаз.

Хасал хъулухъазул чагIаз сордо-къоялъ жанир тIамурал чагIи руччаби ругин бицана ЭР-ялъе гьеб гIуцIиялда. Гьеб хIужаялдаса разилъи гьечIолъи загьир гьабун «Дагнефтепродукталъул» хIалтIухъабазул цо къадар хIалтIизе инкар гьабун, цогидал митингалде рахъун рукIана. Мисалалъе, гьезул бетIерав инженер МухIамад Эфендиевас Дагъистаналъул телевидениялъе кьураб баяналда гьадин абулеб бугоан гьеб ишалда тIасан.

МухIамад Эфендиев: «ТIубан чIун хутIун буго рогIраздасан нарт биччаялъулги, ралъдадасангун маххул нухаздасан нарт битIиялъулги хIалтIи. Гьеб кIудияб скандал ккола. Нижер нухмалъиялъеги цIакъ рекIее къабулаб гуреб асар гьабуна гьелъ. хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъулаз ккун арал чагIиги гIолохъанал чагIи гуро, унтарал чагIи руго тIадежоялъе. Сордо-къояз туснахъалда рукIун бажарулел чагIи гуро».

Новороссийскалде битIулеб нарт Дагъистаналъул тахшагьаралде Бакуялдасан бачIуна. Хасал хъулухъазул хIалтIухъабазул щаклъи буго «Дагнефтепродукталъ» нартие хIилла гьабулеб букIиналда. Амма гьеб гьереси гьабулеб буго ЭР-ялъе «Дагнефтепродукт» гIуцIиялъул нухмалъулесул кумекчи СагIид ГIабдулаевас.

СагIид ГIабдулаев: «Радалалдаса байбихьун «Дагнефтепродукт» хIалтIулеб буго букIине кколеб къагIидаялда. Къануналда данде кколареб жоги гьениб щибгIаги гьечIо. Гьединлъидалин риччан рачIарал ккун ун рукIарал «Дагнефтепродукталъул» киналго хIалтIухъабиги».

Амма Дагъистаналъул прокуратураялъул хIалтIухъабазул рагIабазда рекъон, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъ ккун ун рукIарал ункъо операторасулги кIиго диспетчерасулги цIарал рехсолел руго гьез гьабулеб цIех-рехалъулъ. Исана 31 июлалда гIорхъаби цIунулез ккун буго Азербайжаналъул байрахъги парпазабулаго МахIачхъалаялъул порталдасан унеб букIараб «Нафталан» абулеб гама. ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, гьеб ккола Астраханалъул мухъалдаса нартги бахъун, Новороссийскалде гьеб битIизе бачIунеб букIараб гама. Гьелда тIад ратарал документазда хъван букIун буго мазуталъул щуазариде гIагарун тонна бугин гамида. Амма низам цIунулез чIезабулеб буго «Дагнефтепродукталъулгун» балъгояб къотIиги гьабун Россиялъул рахъалдасаго бахъараб нарт Россиялъего бичулеб батанин Азербажаналъилан. Гьелда бан исана 17 августалда МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ туснахъ гьавун вуго ГIумариев абулев чиги.

Абизе ккола «Дагнефтепродукталъул» нухмалъулев вугин гьанжелъагIан Халкъияб Мажлисалъул вукIарав спикер МухIамад-Султан МухIамадов. Гьединго гьев рикIкIунаан цеве республикаялъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадсалам МухIамадовасул тухум-кьибилалъулгун лъикIаб гьоркьоблъи бугев чилъунги. Гьединлъидал гьанже Дагъистаналда тIалъи хисидал лъугьанин низам цIунулел «Дагнефтепродукталъул» хIиллаби тIатинаризеян абулеб буго цо-цояз.

«Дагнефтепродукт» абулеб гIуцIи ккола Россиялда бакI-бакIалда рарал нартил базабазул тIоцебесеб. Россиялъул империялъ Дагъистаналда гьеб бана 1887 соналда. Гьелъул кIодолъи ккола 32 гектар, резервуаралъул паркалъул кIодолъи – 140 000 метра.

XS
SM
MD
LG