Гьел хIужаби тасдикъ гьаруна 29 маялда букIараб пресс-конферениялда Дагъистаналъул лъай кьеялъул министр Артур ТIалхIатовас. Гьединго хабар буго гьезул хал гьабизе бугин Дагъистаналъул прокуратураялъги. Амма прокуратураялъул официалияб сайталда гьелда тIасан гьабураб лъазаби букIинчIо 30 маялда.
27 маялда республикаялъул школазда цогояб пачалихъияб экзамен кьуна гIурус мацIалъул рахъалъ.
Дагъистаналда гIадатлъун лъугьун буго МахIачхъалаялъул школаздаса цIалдохъаби ахиралда рахъун росабалъе гочин. Щайин абуни доба бигьа букIунеб буго экзамен кьезе. Халкквейги цIикIкIараб букIунеб гьечIо, ришватги дагьаб кьезе кколеб буго. Гьедин исана марталдаса байбихьун росабалъе гочун вуго 1 500 –са цIикIкIарав цIалдохъан. Лъай кьеялъул министрас бицухъе, аслияб куцалда гьел ун руго Гъарабудагъкент, Новолак, Табасаран, Дербент, Казбек, Лак, Кули, Хъумторхъала, Гъуниб, Шамил, Лаваша мухъазде.
ЦIияб соналдаса нахъе гIезегIан батIи-батIиял цIалдохъаби рихьанин жинда росулъин бицана ЭР-ялъе Гумбет мухъалдаса МухIамад Лабазановас.
МухIамад Лабазанов: «Щайин абуни, шагьаралда хIалтIаби къватIир-жанир росизе хирагоги чIолилан абула. МагIарухъ кин букIаниги бигьа букIинарищха, киналго цоцада лъалеб бакIалда».
МухIамадица кIвар буссинабуна 25 маялда школа лъугIун хадур МахIачхъалаялда тира-сверулел рукIарал цIалдохъабазул къадарги исана цIакъго дагьаб букIиналде. Цогидал соназда кIуди-кIудиял къокъаби рукIунаан гьезул.
Цогояб пачалихъияб экзаменалъул бицунаго Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналъул школазда рукIунел гIунгутIабазул гIемер рехсола. Амма бицунелдасаги квешаб бугин ахIвал-хIалин рикIкIунеб буго Заира ГIабдусаламовалъ. Чанго соналъ гIурус мацIалъул мугIалимлъун хIалтIана гьей Хъумторхъала мухъалда.
Заира ГIабдусаламова: «Дарсаздасан лъималазда лъалеб жоги, экзаменалда гьездасан тIалаб гьабулеб жоги тIубан батIи-батIияб жо буго. Живго мугIалимасухъагицин бажарулеб жо гуро гьеб. ЕГЭ бахъаралдаса нахъе лъималазулги тIубанго гъира гьечIо цIализе. Щайин абуни гьезда лъалеб буго эбел-инсуца гьеб бичун босизе букIин. КъватIибе бахъизе санагIалъи гьечIеб жо бугониги, руукIана хIужаби лъай кьеялъул бутIаялъул чагIаз гъоркьарокъорги тIамун мугIалимзабазда гьаризарулаан гьел. Цо-цо бакIазда гIарацги кьун гьабизабула, цогидал бакIазда мугIалимзабазе (хасго росабалъ рукIунезеха) гьекъезе лъингицин щун гьечIоан. ХIалтIудаса рахъилин хIинкъизарулел руго гьел. Гьедин экзаменги «кьун» къватIире арал чагIиги рихьулел ругоха нилъеда, гьезул цо-цоязда битIун жидерго фамилиягицин хъвазе кIоларо. Киназдаго лъалеб жо буго гьеб».
ЭР-ялдасан жидерго цIар бицине инкар гьабурав чияс абуна исана республикаялъул нухмалъиялде Рамазан ГIабдулатIиповги вачIун иш кьваризабулеб бугелъул абун, исана телефонал течIила цIалдохъабазухъ цо-цо бакIазда. Гьединлъидал телефонал кодор таралъухъ цебеккунго бакIарараб лъаб аза-азар гъурущ лъималазухъе нахъбуссинабунила цо-цо школазда.
Гьевго чияс ЭР-ялъе кьуна шагьаралда цогояб пачалихъияб экзамен кьолаго цо цIалдохъанасул эбел-инсуца харж гьабизе кколеб гIарцул баян. Масала, хадур халкквезе тарал низам цIунулезе кьола 20 азарго гъурущ. Гьелъухъ гьес къватIибе босизе ккола цIалдохъанасул хIалтIи. КъватIибеги босун гьеб кьола хIажатал баллал щоледухъ гьеб хъвазе кIолев чиясухъе. Гьелъухъ гьев чияс босула 40-50 азарго гъурущ. Амма гьебщинаб гIарцухъ 82 баллниги щвезе ккола. Цо-цо баяназда рекъон, хIалтIи хъвазе кIолев чиясулгун цогидал лъималазул эбел-инсуца къотIи-къаял гьарун рагIула 20I6 соналде щвезегIангицин.
10 азарго гъурущ кьола бланкалъул щибаб клеткаялда жанир ишараби лъолев чиясе. Цониги клетка мекъи цIуни, хIалтIи рикIкIунаро. Гьединго 500 гъурущ бакIарула хадуб халкквезе витIарав чиясул тIадкIалъай букIинаредухъ.
Цо-цоккун гьелщинал харжал гьаричIониги буго цойги къагIидаги. Масала, 120 азарго гъурущ кьуни байбихьудаса ахиралде щвезегIан цIалдохъанасе гIоло кинабго хIалтIи тIаде босулел чагIиги ратула.
Гьел хIужаби тасдикъ гьаруна ЭР-ялъ цIех-рех гьабурав 10 эбел-инсул микьгоясниги.
ЦIалдохъабазул эбел-инсуца гьединал къагIидаби хIалтIизаризе кколел ругин цогояб пачалихъияб экзамен хIаталдаса ун захIматаб букIиналъин абуна ЭР-ялъе цеехун бицен гьабурай Заира ГIабдусаламовалъ. Гьебго пикру тасдикъ гьабулеб буго Дагъистаналъул ГIелмияб Централъул хIалтIухъан ИсмагIил Таймасхановасги.
ИсмагIил Таймасханов: «ХIакъикъаталда ЕГЭ гIуцIараб куцалъухъ балагьани, бихьулеб буго гьеб гIадан хадув гIунтIулареб къагIидаялда гьеб ургъун букIин. Пачалихъиял хъулухъазде гIадамал лъугьунелъул гьезухъе тестал кьола цIезе. Цого суал лъабго батIияб куцалда кьун букIуна. Гьелде рачIарал руго ЕГЭялъул хIалтIабиги».
30 маялда Дагъистаналъул школазда байбихьана биологиялъул экзамен кьезе. Иш лъалел гIадамазул бицухъе, гIурус мацIалъул экзаменалда гIемерго багьаяб буго гьеб.