Щуабилеб сентябралда щун буго МухIамаднабихъе такъсир гьабиялъул иш рагьунгутIи бичIчIизабураб хасаб документ. Гьениб хъван буго Нажмудиновасул гIарза Каспийскалъул мухъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул комитеталде 26 июналда щванин. ГIарзаялда Нажмудиновас хъван букIана Гъарабудахкент мухъалда гIумру гьабулев 11 чияс 2010 соналъул октябрь моцIалдаса 2012 соналъул июнь моцIалде щвезегIан шантажги гьабун жиндир ясалъе жинсияб зулму гьарулел букIанин.
Такъсир рагьунгутIиялъул документалда хъван буго гIарзачиясул ясгун гьикъа-бакъи гьабунин цIех-рехчагIаз ва гьелъ абулебщинаб битIараб бугодаян лъазазбиялъе гIоло динваналъулабгун-медикияб экспертиза гьабунин. Гьелда рекъон, ясалда тIад кинабгIаги зулму гьабиялул далилал ратун гьечIо.
Гьединго документалда хъван буго ясгун лъугьа-бахъинал ккарал бакIазул сураталги рахъанин. Цояб бакIалда цIех-рехчагIазда квербацIцIал ратун руго. Гьел гьез 5 июлалда ритIун руго диваналъулабгун биологияб халгьабиялъе. Халгьаби жеги лъуг1ун гьечIо.
Нажмудиновасул гIарзаялда тIад хIалтIулев вукIарав цIех-рехчи ПирмухIамадовас хъвалеб буго гIайиб гIунтIизабулелгун гьикъа-бакъи гьабунин ва гьез абунин жидер кинабгIаги гIайиб гьечIилан.
Документалъул ахиралда хъван буго Нажмудиновасул гIарзаялда рехсаралщинал хIужаби уял рукIин чIезабизе кIвечIин ва гьелдалъун гIайиб гIунтIизабулезда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьичIого тезе хIукму къотIанин.
Намжмудиновас бицаралда рекъон, 2010 соналъул октябрь моцIалда гуккизеги гуккун гьесул яс жинсияб гьоркьоблъиялде тIамун йиго Гъарабудахкент росулъ гIумру гьабулев МухIамадов Казбекица. «Жинца гьабуралъул гьес бицун буго гьудаласда, гьес – цогиясда, гьев цогидас – жиндирго гьудуласда. Гьел киназго шантажги гьабун жинсияб зулму гьабулеб букIун буго ясалъе», - ян бицан Нажмудиновас.
Гьес гьединго абуна шантаж тIокIаб хIехьезе кIвечIого ясалъ кинабго жинда бицанин ва гьебго къоялъ «Адельфан» даруги гьекъон кIотун анин ясилан.
Яс хвасар гьайизе кIун буго тохтурзабазда. МухIамаднаби гIарзагун ун вуго полициялде.
ГIарза кьуралдаса хадуб, цо-цоял гIайиб гIунтIизабулел жиндие хIинкъаби кьезе лъугьанин абуна Нажмудиновас. Мисалалъе, гIайиб гIунтIизабулев ХIажиев Мухтар вачIун вуго МухIмаднабихъе рокъове, амма гьенир хъизангун чIужу гурони ратун гьечIо. ХIажиевас гьезда лъазабун буго, гIарза нахъе босичIони жинца киналго чIвазе ругин.
Гьеб кинабго лъарав МухIамаднаби полициялде вортун вуго цIидасан. КъотIнов гьесда дандчIван вуго дов Мухтар. Гьудулзабигун цадахъ гьес МухIамаднаби вухун вуго. Гьеб лъугьа-бахъиналда тIасаги гIарза хъван буго Нажмудиновас, амма такъсир гьабиялъул иш рагьун гьечIо, щайгурелъул, цIех-рехчагIаз абухъе, нугIзал ратун гьечIо.
Нажмудиновасул рагIабазда рекъон, гIайиб гIунтIизабулезда гьорлъ руго низам цIунулезулги диванчагIазулги гIагарлъиялда гьоркьосан чагIи. Хъулухъазда ругел гьел чагIаз такъсир гьабиялъул иш рагьиялъе квекIенал гьарун ратилин рикIкIунеб буго Нажмудиновас. Гьес бицухъе, цIех-рехчагIи хIалтIулел гьечIин гIарза хъван буго гьес батIи-батIиял идарабазде. Гьелдаса хадур гурони цIех-рехалъулал тадбирал гьарун гьечIо гьез.
ТIоцебего цIех-рехчагIазул кинабгIаги багъа-бачари букIинчIин абулеб буго МухIамаднабица ва тIаде жубалеб буго цо-цоял гIайиб гIунтIизабулел Дагъистан тун щиб, Россия тун къватIире ун ругин.
«Гьединго гIайиб гIунтIизабулез жинсияб зулму гьабулеб мехалда видео бахъулеб букIун буго ва гьеб видео гьез бацIцIун буго мобилиял телефоназдаса, цIех-рехчагIи квералги гIодор риччан парахатго ругеб мехалда», - йилан абуна МухIамаднабица.
Такъсир гьабиялъул иш рагьунгутIиялъул документ Нажмудиновасухъе щун букIун буго 26 июлалдаги. Гьес цIех-рехчагIазда тIаса гIарзаби хъвана ва гьез цIидасанго хал гьабун буго ясалъе жинсияб зулму гьабунин рехсараб гIарзаялъул.
Гьединго Нажмудиновас жиндир ясалъул ихтиярал цIунеян гIарза хъван буго «Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIцIиялде.
ГIуцIцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъ «Эркенлъи» радиоялъе абуна Гъарабудахкенталда ккаралда тIаса жинца гIарзаби ритIанин пачалихъиял ва жамгIиял идарабаздейилан.
Светлана ГIисаева: «Такъсир гьабиялъул иш рагьунгутIиялъул документалда хъван буго цо экспертиза жеги лъугIун гьечIин. Гьединго, Россиялъул Такъсир гьабиялда сверун Кодексалда рекъон, жинсияб зулму гьабиялъул далилал черхалда ратичIони, абизе бегьуларо гьединаб зулму букIинчIин. Жеги тIаде жубала, гIайиб гIунтIизабулезда гьоркьосан цIех-рех чагIаз гьикъа-бакъи гьабун буго анлъгоясе, амма ясалъ бицаралда рекъон, 11 чиясе гьабизе кколеб букIана гьеб».
Адвокат ХIусенова Баканайица абуна къануналда рекъон, цIех-рехчагIазул рес букIинчIин диваналъулабгун-биолгияб халгьаби лъугьинегIан такъсир гьабиялъул иш рагьунгутIиялъул документалда гъулбасизе. Живго Нажзмудиновасда ракIалда буго цIех-рех чагIазда тIасан цIидасанго гIарзаби хъвазе.