Чанго соналъ цебе Дагъистаналда гIуцIараб терроризмалде дандечIараб комиссиялъул иргадулаб данделъи тIобитIана II октбяралъ. Гьелъие нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул президент Рамазан ГIабдулатIиповас. Данделъиялда республикаялъул бетIерас лъазабуна терроризмалде данде къеркьеялъе букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIин хасал идарабаз ва бакIалъулал хIакимзабаз. Гьесул рагIабазда рекъон цо-цо мухъазда изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьеялъул бакIалда гьезие кумек гьабиялъул хIужжаби чанго нух цIикIкIун руго.
Рамазан ГIабдулатIипов: Чанги мухъазда къвакIарал гIадамал руго хIалтIулел, гьезда цадахъго чанги мухъазда руго такъсирчагIазулгун рагIидандеккезабулел. Гьелде тIаде цо-цо мухъазул бутIруз изнугьечIого яргъидгIуцIаразе кумек гьабиялъул мисалалги рачине бегьула, гьел такъсирчагIазулгун цебесеб гIагарлъи бугел чагIигицин руго цо пуланаб мухъалъул нухмалъиялда. Гьеб киналдаго хадуб бищун цебе къуваталъул идарабаз халги кквезе ккола, данде рагъги базе ккола, амма гьел коррупциялдаса гьелде регIулел гьечIо. Дида чанги жо бичIчIула, амма цо низамцIунулес цойгидасе хъулухъ бичи дица бичIчIизе инкар гьабула. Гьелде руссинчIого букIине кколедухъ къуваталъул идарабаз хIалтIи гьабулеб бугонигицин, экстремизмалде данде гIадатиял гIадамалги къеркьезе ккола. Щай гурелъул росулъ киназдаго лъала щив кинав чи вугевали, гьев сунде вуссун вукIунев, щиб пишаялъул чи гьевали. Гьедин экстремистияб рахъалде цIайи бугел чагIи тIатинаризе къуваталъул идарабазеялдаса гьесул росуцоязеги гIагарлъиялъеги бигьалъула. Гьединлъидал жамагIаталъ жигараб хIалалъ гьеб ишалде данде къеркьеялъулъ гIахьаллъи гьабичIони эктремизм тIагIинабун бажаруларо».
Данделъиялда Рамазан ГIабдулатIиповас цIакъго кIвар кьуна республикаялъул къуваталъул идарабазул хIатIиялде. Гьесул пикруялда рекъон хIалтIуде регIичIого жидеего давла бакIарулел руго гьезул гIемерисел. Гьелде тIадеги Дагъистаналъул бетIерас лъазабуна цо-цо къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби хъулухъалдаса пайдаги босун жидеего данде кколарел чагIазде данде къеркьолаго, жидерго аслияб хIалтIуде регIулел гьечIо. Гьелъие мисаллъун бачана ГIабдулатIиповас Гъуниб мухъалъул бетIерасда тIад такъсиргьабиялъул иш гьаби.
Рамазан ГIабдулатIипов: « Гъуниб мухъалъул бетIерасда тIад такъсиргьабиялъул иш гьабиялъе багьана буго гьеб мухъалъул полициялъул бетIерги, прокурорги чанги соналъ мухъалъул нухмалъулев МухIамадов Пахрудиниде данде къеркьолел рукIин. Ахирги батун буго гьезда МухIамадовасда тIад иш гьабиялъе гIилла. Гьебгиха спортивияб зал балеб мехалда кагътазда бакI балеб бугин хъвачIого гьеб къачIалеб бугин хъвай. Бихьулищ цо гъалатIалъул кутак. Гьелдейищ регIун ругел къуваталъул идараби. Хасго спортвивияб залги бан буго, гьелда хвезабураб гIарцул кинабго хIисабги кьун буго, тIад кIалъай гьабизе бакIги гьечIо гьеб хIалтIуда. Гьединго дагьал церегIан къояз Россиялъул Пенсиязул Фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялдаса документал рахъизе рачIун рукIана цо халкъ. Гьебщинаб церерахъин гьабичIого, берцинаб хIалалъ халгьабизе къваригIунел кагътал кьейин абун рачIун рукIаралани гьезде данде щив вахъунев вукIарав. Щивниги вахъунароан, гьанжеги вахъинчIо. ТIадежоялъе гьеб тIубараб рагъулаб операциялде буссинабураб тадбиралъул хIакъалъулъ Россиялъул ФСБялъул яги ЦIех-рехалъул идарабазун нухмалъиялда лъалебцин гьечIоан. Гьелъги бихьизабулеб буго цо-цоязул заказалда рекъон гьабун букIин гьеб чIухьбай. Гьедин хIалтIани нилъ киданиги цере унаро. ТIалъи бацIцIад гьабизе ккола бищун цебе, хадуб бакIалъул нухмалъиялдеги щвезе ккола. Дие гьеб бацIцIад гьабизе къваригIун буго, амма революциял гьаризе бокьун гьечIо».
Данделъиялда кIалъазе рахъарал Хасавюрт, Дербент, Буйнакск мухъалъул бутIруз жидерго мухъалъулал терроризмалде дандечIараб комиссиялъ гьабураб хIалтIул хIисаб кьуна. Гьезул хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна, ГIабдулатIиповас, амма тIаде жубана унго-унголъунги экстремизмалде ва терроризмалде данде рагъ балеб букIарабани гьеб некIого тIагIине заман щванин, ва гьелъул рахъалъ гьадинал халатал данделъаби тIоритIичIого Дагъистан цебетIезабиялда тIад цIикIкIун хIалтIизе бегьилаанин лъазабуна Дагъистаналъул бетIерас.