ТIоцебесеб иргаялда Азербайжаналъул гIорхъаби цIунулез дагIба бан буго Фатулаевасул паспорталда, гьеб цIияб бугилан. Гьеб мехалда Милрадица жаваб кьун буго къваригIун батани, нужехъ бугин жиндир цебесеб паспорталъул ксерокопия. Гьелъухъ балагьейин.
Милрад Фатулаев: "Гьелдаса хадур гьел лъугьана дир паспорталда эрмениязул гIорхъаби цIунулезул мугьру чIван букIиналде кIвар кьезе. Цинги гьез гьикъана чан нухалъин мун дове, Эрмениялде, арав, щайин ун вукIаравилан. Гьелдаса хадур гIорхъаби цIунулез дие киналгIаги баянал кьечIо. Паспортги нахъе босун жидерго ишалде руссана. Дун дунго ана щибин кколеб бугебилан гьезда гьикъизе. Гьелдаса хадуб гьел лъугьана дир суал тIубалеб бугин, Бакуялдаса щивалиго вачIунев вугин, гьес изну кьун хадув виччалин мун улкаялдеян харбал рицине. Дида кколеб буго гьев вачIун вукIанин аэропорталде, амма дунгун дандчIвазе инкар гьабунин гьес. Щайгурелъул гьединав гIадав чиясда берчIван букIана дир. Гьедин гьез тасдикъ гьабуна Азербайжаналде дун виччангутIизе цебеккунго гьабун букIараб хIукмуги. Азербайжаналда вугев Дагъистаналъул вакиллъиялде ахIилин ахIи-хIур бахъинабидал, жидеца мун улкаялдаса къватIиве витIулев вугилан лъазабуна гьез".
Гьелдаса хадуб жиндие хасаб мугьруги чIвараб, улкаялде виччангутIиялъе гIиллабиги рехсараб кагъат кьезегIан чIун вуго Милрад Фатулаев Бакуялъул аэропорталда. Журналистасе Бакуялда цереккунги гьарулел руIун руго гьединал квалквалал, амма улкаялде виччалев вукIун вуго. Щибаб нухалда гьелъие гIиллалъун жив Эрмениялъулгун бухьеналда вукIин кколин бицана гьес ЭР-ялъе. Амма гьаб нухалъ дозул разилъи гьечIолъи бараб бугила эрмениязул машгьурав политолог, Гъарабагъалъул рагъул БахIарчи Левон Мелик-Шахназарянгун жив дандчIвай. Гьединго Милрадица рикIкIунеб буго азербайжаналъулазул разилъи гьечIолъи бугин жиндаса Храх-Уба, Уряноба росабазул суал борхулеб букIиналъги. Доб рахъалда ругел Дагъистаналъул росаби руго гьел.
Азербайжаналъ дагIба бала гьел ракьазда, советияб заманалда гьенире дагъистаниял мекъи гочинарун рукIанилан. Гьедин росабалъ хIалхьи гьечIолъиялъ, лезги миллаталъул гIадамал Дагъистаналде гочине кколел руго. Амма гьел рази гьечIо жидее пачалихъалъ Дагъистаналде гочиналъе гIарац биччангутIиялдаса.
Милрад Фатулаевасго гIадин Закаталаялда ругел дагъистаниязул суалал рорхула Маркъо ШагIбановасги. Гьев ккола журналист ва Аваразул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев. Гьесда цадахъго Дагъистаналдагун Москваялда гьел суалал рорхула жамгIияв хIаракатчи Бадрудин Ибрагьимовасги. Амма Азербайжаналде иналъе жиндие квалквал ккечIин бицана гьес ЭР-ялъе.
Бадрудин Ибрагьимов: "ЦIияб соналда Гуржиялъан нухги къан букIун, дун Дагъистаналде Белканалдасан щвана. Амма нухда лъицаниги квалквал гьабичIо. Дун гIемер бакIалда цеве вахъуна магIарулазул унтиялъул бицун. БитIараб бицани, жеги лъицаниги кивениги ахIичIоха... Аллагьас рикIкIад гьареги... Нагагь ахIани, жаваб кьелаха..."
Гуржиялдагун Азербайжаналда гIумру гьабулел дагъистаниязда дандчIвалел захIмалъабазул бицараб кIудияб данделъи ахираб нухалда Москваялда тIобитIана (гъоркьисала риидал). Гьенив гIахьаллъарав Бадрудиница бицунеб буго гьеб мехалда данделъиялдаса рахъун анин Россиялда машгьурав политолог ХIайдар Жамалги Азербайжаналъул хIукуматалъул вакилги.
Бадрудин Ибрагьимов: "Дица доба абуна Азербайжаналъ ругел дагъистаниялгIан хIакъир гьаруларин Гуржиялъ ругел магIарулал. Гьединлъидал гьеб суалги нилъеца дагIба-рагIи гьечIого Гьеб рагIизе бокьичIого, данделъиялдаса рахъун анаха ХIайдар Жамалги Садик Саюновги".
Гьанив цевехун бицен гьавурав, Азербайжаналде виччачIев журналист Милрад Фатулаевас ЭР-ялъе бицана жинда бичIчIичIин гьеб улкаялда вугев Россиялъул официалияв вакиласул хьвада-чIвади (жиндие кумек гьабунгутIи). Москваялде тIадвуссиндал гьес гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Россиялъул къватIиса улкабазул министерлъиялде.