Ссылки для упрощенного доступа

Къелеса ГIали. Рагъухъан, политик ва гIалимчи


Къелеб
Къелеб

ХVII гIасруялъул бащалъуда ГьитIинаб Кьенсерухъ (гьанжесеб Рутул районалда ругел аваразул росаби) гIадамазе исламияб бичIчIи кьеялъул, гьезул рухIияб рахъ цебетIезабиялъул масъала букIана цебечIун. Гьелъул гIаксияб масъала букIана доб заманаялъ Кавказалда кIудияб асар гьабулеб букIараб Сефевидазул (азербайжанал-шиитал) пачалихъалда цебе. Гьез дагь-дагьккун дагъистаниял шиитазде руссинариялъул масъала рикIкIунеб букIана аслияблъун. Гьедин хъвалеб буго XVII гIасруялъул турказул автораз.

Самуралъул бетIералда гIумру гьабулел аваразда гьоркьоб исламияб дин щула гьабиялъул, гьенир умумузул рукIарал гIадатал цIуниялъе ва гьезул рухIияб рахъ цебетIеялъе гIоло КIусур (ГьочотIа) росулъе сапар бухьана Дагъистаналда машгьурав гIалимчи – Къелеса ГIалица.

Гьев вукIана Гъолодаса МаламухIамадида цеве цIаларав чи, гIезегIан заманалъ гIумру гьабун буго доб заманалъул ЦIоралъул центрлъун букIараб Гъолода росулъ. Къелеб мухъалъул Ругъелда росулъ (гьанжесеб Шамил район) гьавурав гIалимчияс гIумруялъул гIемерисеб заман тIамуна Самур гIор байбихьулеб бакIалда бугеб КIусур росулъ. Гьенирго хутIана гьесул наслуялъул чагIиги ва хадубккун гьез кIудияб лъалкI тана гьеб мухъалъул тарихалъулъ.

1640 соналъ Гъолода росулъ гIелму цIалулев вукIарав ва 1647 соналъ Самуралда персазда данде вагъулев вукIарав гьесул гIумруялъул хIисаб гьабурабго, гIага-шагарго гьев гьавун вуго 1615-1620 соназ. Хун вуго, хабада чIвараб зонода хъвавухъе, 1690 соналъ.

Политик ва рагъул цевехъан

Къелеса ГIалица кIудияб лъалкI тана КIусуралда гIараб хъвай-хъвагIай ва гIараб гIелму тIибитIизабиялъулъ. Гьесул хIаракаталдалъун гьениб цIу-
нана аваразул политикияб ва культурияб центр. ГIалимчиясул ва гьесул васазул тадбираздалъун КIусу-ралъул жамагIаталъул моралияб ва рухIияб рахъ щулалъана. Гьединлъидал, ХVIII гIасруялъул байбихьуда КIусур рикIкIунеб букIана югалъулгун востокалъулаб Аваристаналъул жамагIатазул къуват бугезул цояблъун. Гьел хIалел рукIана Гуржиялъцин.

Ираналъул шагьасул рагьтIа бу-кIараб информациялда рекъон, кIусуралъулал рукIана 1705 соналъ гур-жияздаса Инисел абураб бакI (Алазаналъул квегIаб рагIал) эркен гьабурал аваразда гъорлъ. 1715 соналъ Кахетиялъул нухмалъулев Давид Багратионида ва ЧIар, Тала, Мухахъ ва «Хачо» (ГьочотIа-КIусур) абурал аваразул жамагIатазда гьоркьоб гьабураб ракълилаб къотIи-къаялда рекъон, гуржияз тIаде босулеб буго щибаб соналъ гьезие 100 туман кьезе. Гьеб заманалъ КIусуралда букIун буго 400 рукъ.

Къелеса ГIалил гIумруялъул заманалда (1647 сон) Самур мухъалда ругел цахуразда тIаде гьужум гьабуна Сефевидазул аскаралъ. Багинуса ШугIайбил баяналда рекъон, тIаде кIанцIараз кIудияб зулму гьабулеб букIун буго дагъистаниязда тIад. Гьеб мехалъ хвалчен кодобе босана Къелеса ГIалица. Жанисел авар мухъаздаса ахIарал рагъухъабазул кумекалдалъун гьес гIезегIан къуват бакIарана КIусуралде. Хадур гьенире ахIана персазул аскаралъул нухмалъулел ва киналго гъурана. Гьелдаго нахъ гIунтIун Самуралде битIараб Ираналъул шагьасул аскар гъурана.

Гьел лъугьа-бахъиназул мухIканаб баян кьолеб буго шайих, Багинуса ШугIайб апандияс (1853-1909) жиндирго «ТIабакъат ал-хваджигьан ан-накъшбандийавасадат аль-машаих аль-халидийа аль-махIмудийа» абураб, 1906 соналъ лъугIараб тIехьалда. Гъоркьехун кьолеб буго гьеб тIехьалдаса бутIа. «Жив Аллагьасул кумекалдаса махIрумлъаяв Ираналъул шагьас цо нухалъ битIана кIудияб аскар Самуралде, тIубанго гьениб бугеб халкъ мукIур гьабизе. Гьел шагьасул рагъухъабаз гьениб руччабазе ва лъималазе гьабулеб букIана хабар, бицине нечараб. Ираназул аскаралъул цересел кьерал щун рукIана КIусур росда цере ругел мугIрузда аскIоре. Гьенивго вукIана бахIарчияв гIалимчи Къелеса ГIали-апанди…

Доб къоялъ бахIарчияв гIалимчи Къелеса ГIалица бакIарана Самуралда ругел росабазул жамагIатал ва абуна гьезда: «Щиб нилъеца гьабизе бегьулеб шагьас ритIарал аскаразда? Гьез нилъее гьабизе бегьула жидеца кидаго гьабулеб къагIидаялъ вахIшилъаби».

ЖамагIаталъ жаваб кьуна: «Валлагь, лъаларо щиб гьабизе кколеб. Лъалеб жо буго цо – гьелгун рагъизе гIураб къуват гьечIо нилъер». Къелеса ГIалица абуна: «Дида лъала гьабизе кколеб жо! Дун ва цоги чанго кIудияв чи ине руго шагьасул рагъухъабазухъе ва гьезда абила: «Ниж нужее мукIурлъула, нижер ихтиярал киналго нужехъ руго гьанжеялдаса нахъе. Гьединлъидал, бокьун буго нужее гьоболлъи гьабизе. Ниж рачIун руго нужер церехъаби гьоболлъухъ ахIизе. Хадур цогидалги ахIила», - абун.

Шагьасул аскаралъул церехъаби нилъер росулъе щварабго нилъеца гьел киналго чIвала цо хутIичIого. Хадур рилълъина гьезул аскар бугеб бакIалде, рекъел гьабизе рачIараб ххвелги гьабун. АскIоре щварабго тохлъукьего тIаде кIанцIила, кинабго гьабила цо чияс гьабураб гIадин цадахъ. Доз ярагъ балелде нилъеца ращдал гъурила, хутIаралги лъутила».

Самуралъулаз жаваб кьуна: «Би-тIараб буго, гIалим ГIали-апанди! Гьел дур рагIаби руго бугеб ахIвал-хIалалде битIараб бербалагьи ва лъикIго гьеб бичIчIи». Гьелдаса хадуб гьез кинабго гьабуна цебехун абухъе. ТIоцебесеб иргаялда, гъурана церехъаби, хадур ана аскар бугеб бакIалде.

Самуралъулал тIаделъана шагьасул рагъухъабазде ва киназго, цо кIалалъ гIадин ахIулел рукIана Къуръаналдаса рагIаби «Я, Аллагь, Кье нижее сабру, щула гьаре нижер бохдул. Кумек гьабе Дуца нижее капурзабазулгун рагъда» ва хадур цере къотIана гьел Аллагьасул кумекалдалъун. ГIага-шагарго нусго соналъ цебе, КIусур росда цебе бугеб магIарда»…

Гьел лъугьа-бахъиназул заман чIезабизе кумек гьабила Грузиялъул архивалда ратарал хъвай-хъвагIаяз. МухIканго абуни, Закаталаялъул ракьазул комиссиялъул материалаз. Гьезда рекъон, Цахуралда персал ру-кIун руго гьижраялъул 1057 соналъ, ай 1647 соналъ (5 февраль 1647-25 январь 1648).

ГIалимчи

Къелеса ГIалил гIумруялъул ва гьесул хъвай-хъвагIаязул хIакъалъулъ баянал ратулел руго гIемерисел био­графиялъул хIалтIабазулъ (Багинуса ШугIайбил «Табакъатхваджакан ан-накъшбандия», Дургъелиса Назирил «Нузхат аль-азхан», ГIали Каяевасул «Дагъистаналъул гIалимзабазул био­графиял»). Амма гьезулъ ратулел руго цо-цо гъалатIал. Гьел ритIизаризе рес буго нилъер.

Багинуса ШугIайбица хъвавухъе, «ГIалим Къелеса ГIали хва­на гьижраялъул 1107 соналъ» (I695-96 сс.). Амма гьесул зонол хал гьабураб­го баянлъулеб буго битIараб тарих – гьижраялъул 1101 сон (15 октябрь 1689-3 октябрь 1690).

Дагъистаналъул гIалимзабазул гIемерисез хъвалеб буго Къелеса ГIалил хIакъалъулъ кIудияв гIалимчи хIисабалда. М. ШейхмухIамадовас хъвалеб буго гьес гьабунин кIудияб хIалтIи Дагъистаналда гIелмияб лъай тIибитIизабиялъулъ. ГIали Ка-яевас хъвалеб буго гьес танин на­хъе философиял хIалтIаби. М. Шейх-мухIамадовасда батун буго дагьалъ цебе Грузиялъул миллияб хъвай-хъвагIаязул централда Къелеса ГIалил гьитIинабго, бахIс гьабиялъул тео­риялъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь.

Гьелъул ахиралда Къелеса ГIалица жиндирго квералъ хъван буго: «Гьаб «ШархIулгIакъаид» абураб тIехь хъвай тIубана, Аллагьасул хIакъирав лагъ, Къе­леса ХIусенил вас ГIалил квералъ, ражаб моцIалъул итниялъ 1050 с. (октябрь-ноябрь 1640 с.) камилав, бичIчIи тIокIав гIалим, щибаб гIелмуялъулъ лебалав Малла-МухIаммад ал-Гъолодиясда це-бе».
Къелеса ГIалида цадахъ Гъолодаса МаламухIамадида цере цIалун рукIана ГIахьалчIиса КъурбангIали ва гьел гу­рел цоги XVII гIасруялъул гIалимзаби.

Багинуса ШугIайбица КъелесаГIалил хIакъалъулъ хъвалеб бу-го: «Гьев вукIана кIудияв гIалимчи, къадру бугев ва цIар арав Гъолодаса МаламухIамадида цеве цIалун. 1051 со­налъ байбихьана мутагIил ГIалица цIализе МаламухIамадихъ МагIан абу­раб тIехь, лъазаризе байбихьана цоги гIелмабиги… Мунагьал чураясдаса нахъехутIана гIажаибал кагътал, берциналрагIабаздалъун гIуцIарал. Гьел хъванрукIана гьес Къудукьа Мусал МухIа-мадихъе».

Гьаб хъвай-хъвагIаялъ бихьи­забулеб буго Къелеса ГIалил Гъо­лода букIараб цIали ва гьесие щва­раб гIелмуялъул даража. Хадубккун ГIалица жинцагоги гIуцIана КIусуралда цIалул идара. Гьенив цIалун вукIана Дагъистаналъул гIелмияб школа-лъе кьучI лъурав Къудукьа Мусал МухIамад.

Наслу

КIусур росулъа Нацазул ХIажи абурав чиясда росдал хабалазда, XIII гIасруялъул зонода ва Къелеса МухIамадил (1715) зонода аскIоб, ра­кьулъ батун буго Къелеса ГIалил зани. Зонода берцинаб хатIалъ хъван буго Бисмиллагь ва салават. Хадубги: «Гьаб зани буго нилъер къелесев ГIалил, нилъер инсул. (ГIемерисел КIусур росдал гIадамаз гьанжеги Къелеса ГIалида ГIали-дада абула). Гьев вукIана шайих, ниже киназе­го имам, хутIаразе мисал. Къелеса ГIали кIицIул хIежалде ана ва нахъе вуссана. 1101 сон.

Инсулалда аскIобго буго ГIалил вас МухIамадил хоб. Зонода гIажаибаб хатIалъ хъван буго: «Гьаб зани буго ХIусайнил вас Къелеса ГIалил вас МухIамадил. Аллагь гурхIаги гьезда ва нилъеда. Амин».

Къелеса ГIалил вукIана чанго вас. Гьел цIарал ккун лъалел руго: Абусалим, Дибир ва МухIамад. Къелеса ГIалил ва гьесул васазул хIаракаталдалъун кIусурдерида ва къелдерида гьоркьоб щулияб бухьен гIуцIун букIана. Гьеб бихьулеб буго КIусур росдал мажги­талда ругел тIахьазул хал гьабурабго.
Къелеса ГIалил лъималазул ва цоги гьесул наслуялъул тарихалдехун ро­кьи букIана.

Гьезул хIаракаталдалъун нахъе хутIун руго Самуралъул байбихьуда ва Джурмут гIурухъ (ЛъаратIа район) ислам тIибитIиялъул хIакъалъулъ биценалгун тIахьал. Гье­зул кIигояб буго. ТIоцебесеб батун буго ва бакI-бакIал басмаялде рахъ­ун руго араб гIасруялъул 80 соназда Амри ШихсагIидовас. КIиабилеб ба­тун буго КIусур росдал мажгиталъуб херал тIахьазда жаниб Тимур Айтбе­ровасда ва ШагIбан ХIапизовасда. Гье­ниб бицунеб буго Самуралъул авараз­да ва Авар гIурул байбихьуда ислам тIибитIиялъул хIакъалъулъ.

Гьенир ругел баянал дандекколел руго лъебе­лазул кIкIалахъ ислам тIибитIиялъул харбал ругеб «Лъодокалъул тари­халда» ругел баяназда. ТIехьалда гьединго хъван буго:«ТIехь хъвана ДегIеншагIбанил вас Ражабица, Къелеса ГIалил вас Дибирил амруялдалъун».

Къелеса ГIалил наслуялъул бица­ни, КIусур росулъ бицунел харбазда рекъон, гьесул наслу ккола Нацал абу­раб тухумалъул чагIи. Гьеб тухумалъул чагIаз гIумру гьабулеб буго Закатала районалъул Эхеди Тала абураб росулъ (ГIалихановал), Лъебел-уба росулъ (ГIу-маров Ибрагьим ва гьесул наслу), Ала­скар росулъ (1872 соналъул баяназда рекъон, 26 хъизамалдаса 16 руго «къе­лес» - «къелесел» абураб тухумалдаса), Джиних (360 рукъалдаса 90 рукъ буго гьебго тухумалъул) ва гьел гурел Зака­тала округалъул цоги росабалъ.
XS
SM
MD
LG