Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул нухмалъулев хъулухъалдаса ана


Рамазан ГIабдулатIипов
Рамазан ГIабдулатIипов

Россиялъул президентасул сайталда кьураб информациялда рекъон, жакъа Дагъистаналъул президентасул хъулухъал тIуралевлъун заманаялъ тIамун вуго Пачалихъияб Думаялъул депутат Рамазан ГIабдулатIипов. Гьебго буюрухъалдалъун гъоркь вукIарав президент МухIамадсалам МухIамадов тIамун вуго Россиялъул президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулевлъун. Ахирал къоязда рукIарал харбазе ахир лъунин абизе бегьула гьеб информациялъ. «Черновик» газеталъул информациялда рекъон,

Рамазан ГIабдулатIипов Дагъистаналде вачIине вуго талат къоялъ бакъанида.

БатIи-батIиял политологаз ва экспертаз ахирал къоязда бицухъе, МухIамадсалам МухIамадов хъулухъалдаса нахъе витIиялъе чанго батIияб гIилла букIана.

Гьезда гъорлъ рехсолел рукIана республикаялда криминалияб ахIвал-хIал хIалуцин, «Экспресс» банк къай, Москваялда ругел дагъистаниял-олигархазулгун гьоркьорлъаби хвей ва гьел гурел цогидалги гIиллаби. Амма цIияб хъулухъалда гьев тIамиялъ тIубанго гьел пикрабзе ахир лъолеб бугоян бицана «Эркенлъи» радиоялъе «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Бияхъай МухIамадовас. Гьесул пикруялда рекъон кинабго бараб букIине буго цIияб хъулухъалда гьесие кьолел ихтияразда бараб.

Бияхъай МухIамадов: «Гьал халкъалда ричIчIизе захIматал кадровиял хиса-басиял рихьарабго дида лъаларо щиб цIар гьалда телебали ва щиб букIине бегьулеб абураб суалалъе жаваб кьезе. Дица тIубанго гIажаиблъи гьабуна МухIамадсалам МухIамадов Кремлиялъул администрациялда хъулухъалда тIамунилан рагIарабго. Щибизеха гьев хъулухъалдаса вахъулев, Кремлиялда гьесдаса рази гьечIого рукIун ратании ва щай гьенибго гьесие хъулухъ кьураб? Кинал ругел гIиллаби гьев хъулухъалдаса нахъе гьавизе ва щай Москваялда хъулухъалда тIамулев?

Москваялъул политика бичIчIулеб хIал гьечIо, дида ккола гьениб кинабгIаги политикацин гьечIин, кадровиял хиса-басиял гьари гурони. Гьелъ ахIвал-хIал хIалуцинаби гурони букIине гьечIо. Кинабго бараб букIине буго цIияб хъулухъалда кинал ихтиярал рукIине ругел МухIамадсалам МухIамадовасул абураб суалалда. Жанисеб политика гьесда тIад къани гьеб гIезегIан асар бугеб хъулухъ буго, гьес гIемерисел регионазда политикиял процессазда хадуб хал кквезе буго.

Дагъистаналда кинав президент хъулухъалде вачIаниги гьесда асар букIине буго, гьединго асар букIине буго Кремлиялъул администрациялда ругел хъулухъчагIазда. Гьеб мехалъ ГIабдулатIиповасдаса кинабгIаги пайда букIине гьечIо Дагъистаналъе».

Гьев вукIана «Черновик» газеталъул бетIерав редактор Бияхъай МухIамадов.
Цо-цо экспертазул пикруялда рекъон, Дагъистаналда тIалъи хисиялъулъ Москваялда ругел олигархазул къокъабазул лъалкI буго. Цо-цояз рикIкIунеб буго гьелда хадув Зияудин МухIамадов вугин, цогидаз рикIкIунеб буго Сулейман Керимов вугин. ТIоцевесесе бокьун букIана жиндирго кандидат тIамизе, кIиабилесул ахираб заманалда МухIамадсалам МухIамадовасулгун дандеккунгутIи букIана. Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Руслан Гереевасул пикруялда рекъон, олигархазулгун бухьен халлъулеб гьечIо Рамазан ГIадбулатIиповасда хадуб.

Руслан Гереев: «Кинал ругониги олигархическиял къокъабазулгун гьесул бухьен гьабсагIаталда бихьулеб гьечIо, гьелъул хIакъалъулъ щибниги абизе кIоларо. Амма гьанжесел шартIазда Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда гьезул пикруялъухъ гIенеккичIого кIудиял хиса-басиял рукIинин дида кколаро. Гьезул асар гьеб процессалда букIина, амма гьеб аслияб бугиланги кколаро. Рамазан ГIабдулатIиповасе щун буго бищунго гIемер проблемаби ругеб регион. Гьанир гIадин гIемер цоцада рухьарал, журарал, политикиял, экономикиял, тарихиял ва гьел гурел цогидалги проблемаби ругеб регион цониги Россиялъул регионалда гьечIо. ЦIияб хIалтIуда кIудиял ишал байбихьичIого гьесул тIокIаб рес гьечIо, гьес бихьизабизе ккола ахIвал-хIал хисизабизе гъира. Гурони, гьанир тIалъиялда ругел тухумазулгун гьоркьорлъабазде ани гьесул къисмат цере рукIаразда релълъараб букIине буго".

Гьев вукIана Шималияб Кавказалъул исламиял цIех-рехалъул централъул нухмалъулев Руслан Гереев.

Политикиялъул ва экономикаялъул институталъул нухмалъулев Дибиров ГIабдулнасирил пикруялда рекъон, Рамазан ГIабдулатIивасда хадур цогидаздаго гIадин руго финансовиял къуватал. Амма цоги кандидатаза цебе гьесул бугеб тIокIлъи буго кIудияб политикияб хIалбихьи ва бакIалъулал тухумчилъиялъулал къокъабазулгун дагьал гьоркьорлъаби.

Рамазан ГIабдулатIипов гьавуна 1946 соналъ ЛъаратIа районалъул Гъебгъуда росулъ рагъул гIахьалчиясул хъизамалда. Росулъ школаги лъугIун цIалана Буйнакс шагьаралъул медикияб училищеялда, хIалтIана тохтурлъун, ЛъаратIа райисполкомалъул секретарлъун. 1972 соналъ лъугьана Коммунист партиялде, 1975 соналъ цIализе лъугьана Ленинградалъул университеталда аспирантураялда. Хадув чанго соналъ хIалтIана мугIалимлъун Мурманскиялъул университеталда. Политикияб карьера байбихьана 1990 соналъ. Доб мехалъ гьев вищана Россиялъул парламенталъул депутатлъун, 1996 соналъ нахъойги вищана Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун. 1997 соналъ Россиялъул хIукуматалъул вице-премьерлъун хIалтIана, хадув миллиял суалазул министрлъун, Таджикистаналда Россиялъул вакиллъун, Культураялъулгун искусствоялъул институталъул ректорлъун. Ахираб заманалда вукIана Дагъистаналдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун «Цолъараб Россия» партиялдаса.




XS
SM
MD
LG