Ссылки для упрощенного доступа

Эстониялъ НАТОялъул къуватал ахIулел руго жиндихъего


Эстониялъул улка цIуниялъул министрас лъикIаб къимат кьуна Балтиялъул ва машрикъалъул Европаялъул цоги улкабазда НАТОялъул рагъул къуватазул ресал дагьалъги гIатIилъизаризе ругин гьабураб лъазабиялъе. Гьелъ рес кьезе бугин Россиялъул рахъалъан ругел хIинкъиял дагьлъизаризейин, рикIкIунеб буго рагъулав хъулухъчияс.

Дагьалъ цебе Эстониялъул улка цIуниялъул идараялъул бетIер Свен Миксер дандчIвана Цолъарал Штатазул коллега Эштон Картергун. КIиявго министраз гьоркьоб лъун буго Эстониялда ва гьелъул мадугьалил улкабазда даимаб кьучIалда рагъулазул контингент чIезабиялда хурхарал суалал.

Миксерил рагIабазда, Эстониялъги Балтиялъул цогидал улкабазги НАТОялда гьарун букIун буго, Россиялдаса ругел хIинкъиял ракIалде росун, регионалда 5000 рагъулав къваригIунеб къай-матахI ва ярагъгун гьенир швезарейин.

ЭР. – Эстониялъ гьанжегийищ гьарулеб бугеб тIадеги рагъулал гьенир чIезари?

Свен Миксер, Эстониялъул улка цIуниялъул министр
Свен Миксер, Эстониялъул улка цIуниялъул министр

Свен Миксер: «Гьарулеб буго, у. Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министр Эштон Картерил Машрикъалъул Европаялъул улкабазда рагъул къуватал щулалъизариялда хурхараб цебелъей дида бихьула цIакъ кIвар кIудияблъун. Нижехъги Балтиялъул цогидал улабаздаги руго Америкаялъул зама-заманалдаса хисулел къуватал, гьезухъги нижеца кIудияб баркала кьола гьезие».

Цебесеб соналда Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадуб, бищунго кIудияб ургъел гьелъ ккезабуна Машрикъалъул Европаялъул НАТОялде гъорлъе росарал ахирисел улкабазул, хасго Балтиялъул улкабазул.

Гьединабго кIудияб ургъел ккезабулеб мисал гьезда гьединго бихьулеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалдаги. ОБСЕялъул хIисабалда рекъон, Донбассалда Украиналъул рагъулаздаги Россиялъ рахъ кколел сепратистаздаги гьоркьоб унеб конфликталда хун вуго 6400-ялдасаги цIикIкIун чи.

Миксерил рагIабазда, Эстониялъе НАТОялъул къуватал улкаялда рукIин гьеб ккола гIицIго символикияб гуребги, политикияб кIвар бугеб, потенциалиял хIинкъиздаса жал цIунизе рес кьолеб, хIакъикъат. Даимаб кьучIалда къуватаб рагъулаб контингент регионалда кьварагIел гьес баянлъизабулеб буго гьадин.

Свен Миксер: «Дицца рикIкIуна - ва нижер буго гьелъие чIван къотIараб багьана – Путинида кколеб бугин, гьесул нилъедасаги бергьарал ресал ругин, яги гьесда нижер регион НАТОялъул берцинго цIуничIеб регион хIисабалда бихьулеб бугин. Гьесул пикру гIолеб батила НАТО рагъулаб альянс хIисабалда коллективияб гIуцIи букIин ва хIукмуял къабул гьабиялъул рахъалдаса гьелъие заман къваригIунеб букIин. Нижер гIорхъабазда аскIоб рагъул къуватал чIезарун ругев Путиние гIадин хехаб къагIидаялда хIукму гьабизе рес букIунаро нижер. Централъухъ киналго ресал ругеб жакъасеб Россиялъул политикияб системаялъ Путиние рес кьолеб буго хехаб къагIидаялда буюриял кьезе».

Миксерица абулеб буго, жидеца, ай НАТОялъ Москваялъул гьединал ресазде данде чIезаризе кколин жидерго ресалин. Гьениб тезе бегьуларин стратегияб рахъалдаса зарал бугел, хIинкъи цIикIкIинабулел шартIалин.

1949 соналда къабул гьабураб къотIи-къаялда рекъон, НАТОялде гъорлъе унеб бокьараб улкаялде гьабураб тIадекIанцIи, альянсалъ къабул гьабизе ккола киназдего тIадекIанцIи гьабураб хIужа хIисабалда.

Певил цIех-реххалъул централъ дагьалъ цебе гьабураб хасаб гьикъа-бакъиялъ бихьизабун буго, немцазул, французазул, италиялъулазул аслияб къадаралъ ракълилал къагIидабазул рахъ кколел рукIин. Амма гьезги рикIкIунеб буго, НАТОялъул улкаялде тIадекIанцIи гьабулеб бугони, киналго партнераз гьелъул рахъ кквезе кколин. Щибаб улкаялъ гьабизе кколин бажарарабщинаб гьужум нахъчIвазе ва коллективияб хIинкъигьечIолъи цIунизеян. Миксерица абулеб буго, нижеда лъалин нижер партнерал нижее кумек гьабизе хIадурал рукIин, нижее гьединаб кумек къваригIун бугониян.

Свен Миксер: «Дир пикруялда, нилъеца гIамал гьабизе ккола, жидер ругин бергьарал ресалин абураб гьезул пикруялъул нейтрализациялъе къагIидаби ралагьизе. Нилъеца минималде рачине ккола, Путинил ресал ракIалде росун, ругел стратегиял хIинкъиял».

XS
SM
MD
LG