Ссылки для упрощенного доступа

Рихьдаего гьабулеб гIадинаб диван


ЦIех-рехалъул идарабазул хIалтIуда разияй гьечIо адвокат МухIамадова Сапият. Гьелъул клиентазул цояв НурмухIамадов Шамилил, гьелъул пикруялда, гьев жанив тIамунго вуго цоги чиясул бакIалда. Гьанже Хасавюрталъул диваналъ гьесда сверун гьабураб хIукмуялъул цIидасан хал гьабизе буго Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналъ. Гьев Шамалда вагъулев вукIиналъул гIайиб гIунтIизабун анлъго соналъ жанив тIамун вуго.

ЦIумада мухъалъул Гьигьалъ росулъа Шамил НурмухIамадовасда хурхун Хасавюрталъул диваналъ гьабураб хIукмуялъул цIидасан хал гьабеян хитIаб Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналде хъвана адвокат Сапият МухIамадовалъ.

Шамил НурмухIамадов туснахъ гьавуна гъоркьисала 7 декабралда. Гьесие диваналъул хIукму къотIана исана августалда.

Шамил НурмухIамадовасул гIагарлъиялъ ЭР-ялъе бицухъе, Москваялдасан ун вуго гьев Мисралде Къуръан лъазабизе. Гьенисанги ун вуго Туркиялде, гьенив цIалулев вукIун вуго ХIафизазул школалда. Гьесда цадахъго букIун буго хъизанги. ЦIалудаса эркенаб заманалда хъизан кваназабизе НурмухIамадов къайи-цIа бачулев чилъун хIалтIулев вукIун вуго. Цинги цо заманалда эбел кIалъан йиго гьесухъе, жий унтун йигин, гIебеде вачIайилан. Шамил кколев вуго гьелъул цохIо вугев вас, гьезул цогидав вас хун вуго. Гьедин гIебеде вачIиндал, Шамил НурмухIамадов Шамалда вагъулев вукIанилан туснахъ гьавун вуго. Цинги гьеб рагIидал, гьесул хъизанги рокъое тIадюссун йиго.

амирасги виччан вугила НурмухIамадов, жинда хадуй эбел ячIун йигин Туркиялдейин бициндал

Амма цIех-рехалъул баянал батIиял руго. Гьениб хъвалеб ГIали абурав чигун цадахъ Шамил НурмухIамадовас Туркиялдасан Шамалъул гIорхъи бахун бугила буго гъоркьисала июналъул байбихьуда. Нух бихьизабизе рачарал чагIазе нус-нус долларалги кьун ругила гьез. Гьедин Шамалде щваралго гьезие кьун ругила тIокIцIаралги - НурмухIамадовасе - «Абу-Басир», ГIали абурасе – «Абу-ГIали». Цинги кIиго анкьалъ ругьунги гьарун, гьел ритIун ругила гIурусалъ кIалъалел рагъухъаби ругеб къокъаялде. Абу-ГIумар аш –Шишани абурав чачанав ГIумарица бетIерлъи гьабулеб гьеб къокъа чIун букIун бугила ХIалеб шагьаралъул рагIаллъуда. Гьениб НурмухIамадовасда тIадаб букIун буго «Рибат» абураб мархьи цIунизе. Амма лъабго моцIидасан гьеб рехун тезе ракIалде ккун буго гьесда, щайин абуни гьесда рагIун бугила гьелги цогидал рагъухъабиги 40 азарго долларалъухъ Шамалъул хIукуматалъул аскаразе ричизехъин ругилан. Гьедин амирасги виччан вугила НурмухIамадов, жинда хадуй эбел ячIун йигин Туркиялдейин бициндал.

ЭР-ялъ бухьен гьабуна Шамил НурмухIамадовасул яцгIал Зиярат Ибрагьимовалъулгун. Гьелъ гьадин бицана ЭР-ялъе.

Зиярат Ибрагьимова: «Гьев (Шамил) гьанисан ана эбелалда жив цIализе, хIалтIизе ине вугиланги абун. Цодагьаб заманалда Москваялда вукIанила, хадув Мисралде анилан бицана гьес. Низам цIунулезни абулеб буго гьев дова вагъулев вукIанила, гьелъие нугIлъи гьабулел хIужабиги ругила. Амма ниж нижерго васас бицаралда божиларищха».

ЭР: «КигIан мехалъ гьев дова вукIарав, лъабго моцIалъищ?»

Зиярат Ибрагьимова: «Гьеб мухIканго абизе кIоларо дида. Гьев кидаго бухьеналда вукIана, кидаго эбелалъухъе кIалъалев вукIунаан. Гьесул эбелги дир эбелги яцал руго. Мугъзал гьод унтулеб букIун, сах гьайизе МахIачхъалаялдаги егун йикIана гьесул эбел. Гьедин гьелъ Шамилиде ахIана жийги унтун йигин, рокъове вачIа, бабал, абун. Гьелдаса кIиго анкь ун хадув вачIана гьевги».

ЭР: «ЦIех-рехалъул документазда хъвалеб буго эбел ячIун йикIанин гьесда хадуй Туркиялде».

Зиярат Ибрагьимова: «БукIинецин букIинчIеб жо буго гьеб! Кие гьей ун йикIарай? Дозни абулеб буго вагъулевги вукIун, ХIалебалда госпиталалда вегунги вукIанин гьев. Адвокат Сапият МухIамадовалъ экспертиза гьабизабуна гурищ гьесие. Цониги ругъун батичIо гьесда. ЦохIо гIуж буго гьесул нодо бакьулъ, гьитIинаб мехалда хIоболъги речIчIун лъураб гIуж букIана гьеб».

ЭР-гун букIараб гара-чIвариялда адвокат Сапият МухIамадовалъ бицана Шамил НурмухIамадов унголъунги Шамалда вагъулев вукIиналъе нугIлъи гьабулеб цониги хIужа бачинчIин диваналда. Амма диваналъ гьев жанив тIамизе хIукму гьабунин, тIасахун гьединаб буюрухъ бачIун букIиналъ.

Шамил НурмухIамадовасе гьабулеб диван букIана цо рихьдаего гьабулеб гIадаб диван.

Сапият МухIамадова: «Дир хIисабалда, Шамил НурмухIамадовасе гьабулеб диван букIана цо рихьдаего гьабулеб гIадаб диван. Щайин абуни, цIех-рехалдаса байбихьун гIемерисеб жо букIана гьениб къанунги хвезабун гьабулеб. Масала, цIех-рехчиясе ургъел букIинчIо НурмухIамадов дова Шамалда вагъулев вукIин-вукIунгутIиялъул, гьелъие гIурал далилал гьечIолъиги гIиндегицин босичIо гьес. Гьединлъидал Шамил НурмухIамадовасул тIокIаб рес букIинчIо жиндихъе хъван кьурал баяназда гъоркь гъулбас гьабичIого. Гурони Чачаналде, Ханкалаялдеги вачун жидеца дуе гIакъуба кьелин, тIокIалъ хъизанги, эбелги рихьизе теларин дудаян хIинкъизавулев вукIана гьев. Жидеца бихьизабураб бакIалда гъулбас лъуни, цо лъагIалица яги лъагIелгун бащадалъ жанивги тIамун къватIив виччалин абун буго низам цIунулез гьесда. Гьедин, жиндирго хъизаналдаги, жиндагоги хъвачIого рукIинелъун гъулбас лъезе ккана гьес гьадал кагътазда гъоркь».

Шамил НурмухIамадов ккола ЦIумада мухъалъул Гьигьалъ росулъа. Гьев гуребги, гьесулго ракьцоял, ЦIиябсасикьа микьго чиги вуго Шамалда вагъулев вукIанилан туснахъ гьавун. ЦIиябсасикьа щварал баяназда рекъон, гьезул анлъгоязе диваналъ къотIун буго туснахъалъул лъагIелгун бащадаб. ЭР-ялъ цебеккун бицун букIана исана 9 марталда низам цIунулез МахIачхъалаялъул аэропорталдасан гьел ккун рачун иналъул. Гьезул гIагарлъиялъ абулеб букIана

XS
SM
MD
LG