Ссылки для упрощенного доступа

Шималияб Кавказ метер кинаблъун букIинеб?


Шималияб Кавказалъул суалгун гьоркьоб иргадулаб гургинаб стол
Шималияб Кавказалъул суалгун гьоркьоб иргадулаб гургинаб стол

Кинал хиса-басиял ккарал ахираб заманалда Шималияб Кавказалда, регионалъул букIинесеб кинаблъун бихьулеб бугеб, хIинкъи-гьечIолъиялул суал тIубазе кIвезе бугодай - гьел суалал экспертазе кьуна гьаб анкьалда РБК агентствоялъ, гьединго гьезда хъинтIана «Коммерсантъ» ва «Ведомости» газеталги.

Экспертаз тIоцебе къимат кьуна Шималияб Кавказалъул федералияб бутIаялда вугев Россиялъул президентасул вакил Сергей Меликовасул хIалтIуе. «Кавказская политика» сайталъул директор Максим Шевченкол рагIабазда рекъон, Меликовас гьабураб хIалтIи бихьизе гIураб заман ун гьечIо жеги. Гьес абухъе, киназдаго бичIулеб буго МВДялъул системаялдаса чи СКФОялъе нухмалъи гьабизе гIадада витIуларевлъи.

«Меликов рагъулав конфликтал кин тIуралелали лъалев чи вуго ва Шималияб Кавказалде Кремлалъ гьев витIана хIинкъи гьечIолъиялъул суал тIубазе», - илан абуна Шевченкоца.

Хлопонин витIун вукIана Россиялъул Кавказ экономика цебетIураб регионлъун бахъинабизе, амма федералияб централъул гьеб план тIубаялъе чанги квекIенал рукIанин рикIкIунеб буго политолог Сергей Смирновас.

Гьесул рагIабазда рекъон, Меликов къуваталъул системаялдаса чи вукIаниги гьесда Кавказалда бугеб политикияб ахIвал-хIал лъим гIадин лъала.

Смирновгун рази вуго социологиялъулгун политологиялъул Централъул нухмалъулев Геннадий Подлесныйги. Гьес рикIкIунеб буго Меликовасда тIадкъан ругин къуваталъул идарабазул хIалтIуда хадуб халкквейги, ришватчилъиялда дандечIейги, тухумчилъи тIагIинабиги.

Экономикаялъул рахъалъан хIалтIи Шималияб Кавказ цебетIеялъул министерлъиялъ гьабизе бугин абуна политолог Константин Казениница.

Амма гьесул рагIабазда рекъон, жакъа къоялда регионалда бугеб экономикаялъул сектор тIубанго ккун буго политикиялгун-кланазул къукъабаз ва бичIчIулеб гьечIо гьеб масъала къуваталъул идарабазищ тIубазе кколеб яги экономистазищ тIубазе кколеб.

Саид Амировасе гьабураб тамихIалда тIасаги баянал кьуна политологаз. РакIалде щвезабила, 9-леб июлалда диваналъ хIукму къотIана Амировасе туснахъалъул анцIго сон кьезе.

ГIемерисез рикIкIунеб бугоан Амировасул делоялъ Дагъистаналда бугеб политикияб ахIвал-хIал хисизе бугин. Жиндир пикруялда рекъон Амировасда гIунтIизабулел гIайибал гьадингосел жал рукIанин абуна Шевченкоца.

Гьес рикIкIунеб буго Амировасда тIад гьабураб диван къануназда рекъараблъун букIинчIин. Амма Шевченкоца гьединго абулеб буго ккезе бегьулел рукIарал политикиял хиса-басиял Дагъистаналда кканин ва Амировасда тIад гьабураб диваналъ батIаго хисизабизе жо гьечIин.

Амировасул нухмалъяилда гъорлъ МахIачхъалаялда баккана финансазул бащдабкриминалияб система ва гьеб гьанже биххизабулеб бугоилан абуна Казениница.

Гьесул рагIабазда рекъон, цIияв мэр МухIамад Сулеймановас Амировасул чагIи хIалтIудаса рехулел руго цо течIого, амма финансазул системаялде данде къеркьезе гьесие захIмалъизе буго республикаялъул нухмалъиялъул кумек букIичIони.

«Шималияб Кавказалъул курортал» компаниялда тIасаги кьуна баянал экспертаз. Мисалалъе, Шевченокоца абуна жинда лъикIаб хIукмулъун бихьулеб бугин компаниялъул цо-цо проектал къай. «Россиялъул Кавказ туризмалъ цебетIезабизе батила, амма жиндир заманалда. Жакъа къоялда регион цебетIолеб сфералъун дида бихьула росдал магIишат», - илан абуна Шевченкоца.

Экспертасул пикруялда рекъон, туристал, мисалалъе, Дагъистаналде рачIине ккани хIинкъигьечIолъиялъул суал гуребги, балъгояб экономикаялъул суалги тIубазе ккола.

«Мисалалъе, Макьаста курорт базе бугин абулаго чанги хIакимас тIаде жубала инфраструктураги гIуцIилин: аэропорт балин, нухал рахъилин. Божизе захIмат буго гьел харбазда, щайабуни гьебщинаб хIалтIи кин гьабилеб хIукуматалъ, республикаялда бугеб балъгояб экономикаялъул суал тIубазе кIолеб гьечIеб мехалда», - илан абуна Шевченкоца.

Гьанибго тIаде жубала, регионалияб экономика цебетIеялъул хал-шал гьабулей эксперт Ирина Стародубровскаялъ цодагьалъ цебе «Эркенлъиялъе» абун букIана Шималияб Кавказалъул регионазда гьоркьосан балъгояб экономикаялъул цIикIкIараб къадар Дагъистаналда бугин.

«Бизнесменал сияхIалде рачIунел гьечIо пачалихъалъул идарабазул хIалтIи сабаблъун. ЧIечIого гьарулел цIех-рехал, кIудияб магъало, пенсиязул фондалде кьезе кколеб налогалъул кIудияб къадар – гьезги цогидазги бизнесалъе квекIенал гьарулел руго.

Балъгояб экономикаялдаса бизнесменазе хайир бугин абула, амма щиб хайир бугебали дида лъаларо. Гьез кидаго ришватал кьола, гьезда чIванкъотIун абизе лъаларо кинаб букIинеб метерисеб къо, гьезда бичIула жидехъа бизнес бахъине бегьулеблъи пуланал чагIаз», - илан абуна Стародубровскаялъ.

Халкъазда гьоркьосеб кризисалъулаб Къукъаялъул вакил Варвара Пахоменкол пикруялда рекъон, Дагъистаналда чанги масъала буго тIубазе кколеб ва гьел масъалаби ран руго экономикиял суалазда, социалиял суалазда, политикиял суалазда.

Амма аслияб масъалалъун эксперталда бихьулеб буго терроризм. «Терроралъулал такъсирал бищун гIемер кколел регион буго Дагъистан жакъа. ТIадежоялъе Россиялъул регионазда гьоркьоса пачалихъалъул институтал бищун хIалуцараб хIалалда руго Дагъистаналда. ГIадамазул божилъи гьечIо пачалихъалда», - илан рикIкIунеб буго Пахоменкоца.

Шевченкол пикруялда рекъон, гIемерисез рикIкIуна терроризм тIибитIулеб бугин радикалияб ислам сабаблъунилан. Экспертас абухъе, диналъул гIайиб гьеб суалалда цIакъ кIодо гьабун буго.

Максим Шевченко: «Терроризм тIибитIулеб буго, дир пикруялда рекъон, ислам ва диниял къукъаби сабаблъун гуреб. Хас гьабун Дагъистаналда. Аслияб гIиллалъун ккола социалиял гIузраби.

Боевиказда гъорлъ руго идеологиялъе гIоло гьенире ккаралги, бандиталги руго, амма гьенире руго гIемер чагIи пачалихъалъул гIунгутIаби сабаблъун ккаралги. Дагъистаналдани пачалихъияб система дида бихьула криминалиябгун феодалияблъун».

Экспертасул пикруялда рекъон, терроралъул суалал чанги батIиб рахъалдаса тIуразе ккола. Гьел рахъалги: социалиябгун-экономикияб ахIвал-хIал лъикIлъизаби, низам цIунулезул хIалтIи лъикIаб рахъалдехун хисизаби, гражданияб жамгIият гIезабиялъе кIвар кьей ва гь.ц.

XS
SM
MD
LG