Ссылки для упрощенного доступа

Почтаялъ гьабулеб хъулухъ хиралъизе бегьула


Mail Box, Russia
Mail Box, Russia

Россиялъул пачалихъалъул хIукмуялда рекъон 2015 соналъ пресса цIалдолезухъе щвезабуралъухъ почтаялъе гIарац кьезе гьечIо. Гьелда хурхун газет-журналазул подпискаялъул багьа чанго нухалъ цIикIкIине бугин лъазабулеб буго экспертаз.

Дагъистаналъул журналистаз ва редакторзабаз почта къваригIунареб, пайда гьечIеб идаралъун рикIкIунеб буго, гьезул пикруялда рекъон почтаги биххизабун гьелъул бакIалда лъикI хIалтIулеб, тIад дагьаб харжги гьабизе кколеб цIияб идара гIуцIизе кколеб буго.

Пресса цIалдолезухъе щвезабулелъул гьарурал харжал рецIиялъе щибаб санайил пачалихъияб бюджеталдасан 3 миллиард гъурущ биччалаан Россиялъул почалъе, амма тIасияб соналъул бюджеталда гьеб гIарац бихьизабун гьечIо.

Россиялъул почалъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго жидее гьеб гIарац камизабуни, почалъ жидерго хIалтIухъ босулеб гIарац кIицIул бахинабизе кколилан.

Гьеб бахани Россиялъул чIахIиял шагьаразда подпискаялъул багьаги кIицIул цIикIкIине бугин, регионазда гьеб 5 нухалъ хиралъизе бегьулила ва Шималияб рахъалда гьелъул багьа 8 нухалъ бахине рес бугилан.

Гьеб почалъе биччалеб букIараб гIарац гьоркьоб къотIизе тогейиланги гьарун Россиялъул «Комерстантъ», «Комсомольская правда», гIадинал цIикIкIараб тиражги бугел чIахIиял газетаз кагъат хъван букIана Россиялъул президент Владимир Путинихъе, амма гьелъул я щибго хIасил ккун гьечIо, я гьелде данде кинабгIаги жаваб кьун гьечIо тIалъиялъ.

Дагъистаналъул бищунго кIудияб тираж бугеб «Новое Дело» газеталъул редакто Сагитов ХIажимурадил пикруялда рекъон почалъ жиндирго хIалтIи цIакъ хашго гьабулеб букIаниги, гьелъухъ гIарац гьез цIакъ гIемер босулеб буго.

БукIаралдасаги цIикIкIун гIарац кьейин жидеейилан гьеб почалъул идара лъугьани, гьезулгун киналгIаги къотIи-къаялги риххизарун, жалго газет-журналазул нухмалъулез гьел доре-гьанире щвезабулеб компания гIуцIцIизе кколин рикIкIунеб буго гьес.

Сагитов ХIажимурад: «ТIокIабги кибе гьез гьеб багьа бахинабизехъин бугеб? Гьел газет-журналал риччалел чагIаза магъалабиги кьезе ккола, кагъатги босизе ккола, хIалтIухъабазе харжал кьезе ккола, типографиялде кьезе ккола гIарац, почалъин абуни гьел доре гьанире щвезаби гуреб тIокIаб кинабгIаги хIалтIиги гьабуларо, гьез транспорталда гьарулел харжалги нижер харжаздаса гIемерго гIодорегIан руго, амма подпискаялъухъ щвараб гIарцул 50 процент босула почалъ.

Нич гьечIого босула гьебги, гьелда тIадеги гьезие багьа бахинабизе къваригIун батани яризарун тезе ккола гьел. КидаллъагIанха гьез талавур гьарулел рукIинел? БукIаралъуб почтаги тун газет-журналал риччалел чагIи цолъизеги цолъун гьел доре-гьанире раччулеб хасаб идара гIуцIизе ккола. ЦохIо газеталъе гьеб гIуцIизе захIмалъула, гьединлъидал цадахъ рекъон тIаделъизе ккола гьеб масъалаялде».

Гьединго ХIажимурадил пикруялда рекъон гьеб гIарац биччангутIиги, подписаялъул багьа бахинабиги ургъунго пачалихъалъ билълъинабулеб политика буго.

Сагидов ХIажимурад: «Пачалихъалъ ургъунго гьабулеб батизеги бегьуле гьеб иш. Щай гурелъул рикIкIада ругел росабалъ интернетги лъикI хIалтIуларо, телевизоралъги пачалихъияб политикаялда рекъанаб гуреб батIияб информация кьоларин абизе бегьула.

Гьединлъидал цохIого-цо пачалихъиял гурел газетаз рес кьолин альтернативияб информация щвеялъейилан абизе бегьула. Гьеб данде кколарого батизеги бегьула жакъасеб тIалъиялъе.

Гьедин пачалихъиял гурел газетазде данде гьабураб иш батизе бегьула гьеб, щай гурелъул гьезукьа киналго рахъаз къолел руго пачалихъиял газетал. Дир пикруялда рекъон гьеб пачалихъалъе данде кколареб батиIияб пикруялде дандечIей бугин рикIкIине бегьула.

Нижеени гIемер кIудияб зарал ккеларо гьеб почалъ багьаби рахинарунин абун, щай гурелъул нижер газеталъул цIакъ дагьаб къадар бичула почалдасан, амма бокьараб цивилизация бугеб пачалихъалда гьелъул гIадамазухъе бигьаго пресса щвеялъе ресал чIезарун рукIине ккола».

Пачалихъиял газеталгун- журналазеги кIудияб зарал гьабизеб бугин гьеб почалъ жиндирго хIалтIухъ цIикIкIун гIарац босиялъин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Дагъистаналъул дарги мацIалда бахъулеб «Замана» газеталъул бетIерав редактор Юсупов Арсеница. Почалъул хIалтIудаса рази гьечIин живилан лъазабулеб буго гьес.

Юсупов Арсен: «Гьеб почалъул тIубан нич-яхI тIагун буго. Гьадингоги ничгьечIого подпискаялъухъ щолеб гIарцул 80 процент босула гьез. Сундухъ гьезие гьеб кьезе кколеб? Босулеб гIарцуда рекъараб щибниги хIалтIи гьабуларо гьез.

Ц!алдолездаги прессаялдаги гьоркьоблъи гьабунин абун гьебщинаб гIарац щай гьез босизе кколеб? Хасго нижехъа, гьадингоги сум-сараялда ран ругел миллиял мацIазда рахъулел газетал.

Почалъул хъулухъ хадуб гьеб тIубан дагьлъула, пачалихъалъ биччалеб гIарацги дагьлъулеб буго. Подпискаялъухъниги щвараб жоги почалъ бахъулеб бугони, нижеца щиб гьабизе кколеб? Жибго тун почгун гьелъул монополия биххизабулеб, цойги идара гIуцIизе, почалъе конкуренция букIинабизе ккола».

Жакъа къоялда экспертазул пикруялда рекъон Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан рикIкIуна бищунго журналистика цебетIуразул цояблъун.

Кавказалъул республикабазда гьоркьоб гьеб рахъалъ тIоцебесеб бакI ккола Дагъистаналъ. Дагъистаналъул хъвай-хъвагIай гьабулеб идараялъул баяназда рекъон 2013 соналъ респубилкаялда къватIибе биччалеб букIун буго кинабниги 60-гIан газет ва журнал.

XS
SM
MD
LG