Кавказалда бугеб политикиябгун социалияб ахIвал-хIалалъ бихьизабулеб буго федералияб тIалъиялъул Кавказалда бугеб нухмалъиялъулаб модель пайда дагьаб ва хIасил гьечIеб бугилан. ТIасияб соналъ Сочиялда Олимпиялъул хIаял тIоритIилалде Кавказалда киналго политикиял проблемаял лъугIизаризе кколилан риккIунеб буго рехсарав авторас.
ЦIияб политика билълъанхъизабулаго аслияб къагIидаялъ хиса-басиял гьаризе руго бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал бугебин рикIкIунеб Дагъистаналдаян рикIкIунеб буго "Кавказская политика" абураб сайталда политолог Куашев Тимурица. Гьес рикIкIунеб буго аслияб къагIидаялъ цIияб политика хIалтIизабизе бугин бакIалъулаб политикияб элитаялдехун.
Цо-цо политикиял къуватал гIарац кьун гIодор руссинаризе руго, цогидал къуваталдалъун политикияб аренаялдаса рикIкIад гьаризе руго, гьелъул хIасилалда киналго Кремлялъул кверщаликье рачине руго. Изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун унеб хIалуцараб дандечIеялъулъги хиса-басиял рукIине ругилан рикIкIунеб буго экспертаз.
Политикиял гIелмабазул кандидат МухIамадбегов ХIасанбегил пикруялда рекъон, Шималияб Кавказалда унеб рагъулаб дандечIеялъулъ гIицIго къуват хIалтIизабиялъ хIасил кьолеб гьечIолъи ахир-хъадги бичIчIулеб буго Москваялда ва гьабсагIаталда аслияб къагIидаялъ хIалтIизабизе буго политикияб пропаганда.
«Дагьалниги ракълиде руссине бокьарал салафиязул къокъаби цереккун кьварараб идеологияб ва политикияб тIадецуялде гъоркье кколел рукIун ратани, гьабсагIаталда гьезие ихтияр кьезе буго рагьун жидерго идеология тIибитIизабизе, амма кидаго пачалихъалъ халкквезе буго гьезда хадуб» - абун хъвалеб буго гьес жиндирго макъалаялда «Public Post» сайталда.
Политологасул пикруялда рекъон, гьединаб политикаялъ хIасил кьечIони Кремлялъ байбихьизе буго нахъойги ва жеги цIикIкIун къуват хIалтIизабизе, амма гьеб букIине буго 2014 соналъ Сочиялда Олимпиялъул хIаял лъугIун хадуб, гьабсагаталда ахIвал-хIал хIалуцинабизе бокьун гьечIо федералияб тIалъиялъе.
Кавказалъулгун федералияб тIалъиялъул гьоркьорлъаби киданиги рукIалиде ккезе гьечIо, жиндир заманалда Кавказалъул республикабазда тIалъиялде рачIарал криминалиял ва тухумчилъиялъулал къокъаби политикаялдаса рикIкIад гьаричIониян рикIкIунеб буго тарихиял гIелмабазул кандидат, политолог Нугъаев МухIамадица. Гьесул пикруялда рекъон, гьанир кигIан гIемер батIи-батIиял политикал хIалтIизе ритIаниги, бакIалъулаб тIалъи бацIцIад гьабичIого жо кколаро.
Нугъаев МухIамад: «Москваялдаса цIиял чагIи гьанире хIалтIизе ритIиялъ, ялъуни кигIан гIемер президентал гьанир хисаниги гьелъ хIасил кьеларо. Щайгурелъул, гьединал чагIи гьанжелъагIанги гIемер ритIулел рукIана гьанире, амма щибниги хисичIо.
Мисалалъе босани, Дагъистаналда республикаялъул прокурор вуго нилъеда жаниса чи гурев, Москваялдаса витIун вачIарав гIурусав, ялъуни восе Шималияб Кавказалъе нухмалъи гьабизе витIун вачIарав Хлопонин. Щиб гьезда хисизабизе кIвараб? Щибниги.
Гьелеха чIагоял мисалал. Москваялъ гьанжелъагIан гьаниб гьабулеб букIараб политикаялъул загIиплъи. Гьениса къуваталъул идарабазе нухмалъи гьабизе чагIи ритIунилан гьаниб гьезда хIалтIун бажарулеб гьечIо. ЧIван къотIун щиб гьабизе кколеб абун гьикъани, дица абилаан, тIоцебе къуват хIалтIизабизе кколин.
Кидаго гуро къуват хIалтIизабизе бегьулеб. ГьабсагIаталда буго гьединаб ахIвал хIал. Къуват хIалтIизабизе ккола тIадегIанал кабинетаздаса байбихьун. ТIоцебесеб иргаялда тIалъиялда бугеб криминал нахъе гьабизе ккола. Гьеб гьабизе ккани къуват хIалтIизабичIого рес гьечIо.
Ле гьудул, мун нахъе а, дуца хIалтIи хвезабулеб бугилан абун гьел нахъе унаро ва гьединлъидал чара гьечIеб жо буго федералияб тIалъиялъ къуват хIалтIизаби».
Кремлялъулгун «хIалтIул» гьоркьорлъаби гьаризе кIвечIел диниял церехъабиги нахъегIан къазаризе руго ва ракълиде рачIине бокьичIел киназдехунго кьварараб къуват хIалтIизабизе бугилан рикIкIунеб буго политолог Куашев Тимурица.
Гьесул баяназда рекъон, федералияб тIалъиялъ Кавказалда гьабулеб политикаялъулъ хIалтIизабизе буго къуват ва бакI-бакIазда финансазулаб политика.
2012 соналъул 13 абилеб декабралда Россиялъул ХIукуматалъ тасдикъ гьабун буго «2025 соналде щвезегIан Шималияб Кавказ цебетIезабиялъул пачалихъияб программа». Гьеб программаялда рекъон, Шималияб Кавказалъе биччазе буго федералияб бюджеталдаса 2,5 триллион гъуруш.
«Гьеб гIарцул кумекалдалъун мукIур гьаризе руго Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабулел хасал политикиял къуватал. МукIурлъичIезде нахъойги къуват хIалтIизабизе буго» - абун бицана Куашев Тимурица Эркенлъи Радиоялъул мухбирасе.
Журналист Авраам Шмулевичас критика гьабулеб буго гьединаб Москваялъул политикаялъе. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб политикаялъ Кавказалдагун Москваялда гьоркьор гIадатиял гурел гьоркьорлъаби гIуцIи гуреб, жибго Кавказалда ругел халкъазда гьоркьоб хIалуцин бижизабулеб буго, цоязе гIемераб гIарац биччан, цогидаздехун къуват хIалтIизабун.
ГIарац биччай ва аскариял реххи гурони тIокIаб батIияб политика федералияб тIалъиялда лъалеб гьечIилан бицунеб буго гьес жиндирго макъалаялда. Кавказалъул халкъазулгун Москваялъул цIиял, батIиял гьоркьорлъаби гIуцIизе кколин рикIкIунеб буго киназдего гIагарун политологаз ва Шималияб Кавказалъул экспертаз.